Рагъул магъалоялъул бак1лъи сочинение

Обновлено: 10.01.2023

Нажмите, чтобы узнать подробности

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна

Лологонитль.2016г.

РАГЬАРАБ ДАРС

Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.

Лологъонилъ. 2016 с.

— Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ рагъул ва рокьул темаби рагьун ругеб куц , маг1арул ч1ужуг1аданалъул сабруялъул к1одолъи, г1акъиллъи бихьизабун бугеб куц бихьизаби. Ф. Г1алиевалъул творчествоялъе кколеб къимат кьей. Жакъасеб къоялъулгун бухьен ч1езаби. Ц1алдохъабазул г1акълу камиллъизаби.

— Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

— Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе бажари.

-Ват1аналде рокьи бижизаби.

— Нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьурал г1адамал к1очене бегьулареблъи, гьезул бет1ер къулун, х1урмат гьабизе кколеблъи бич1ч1изаби.

— Рагъулкьог1лъи, рагъул магъалоялъул бак1лъи бихьизаби.

— Халунил образалдалъун лъималазе тарбия кьей. Сундулъго сабру гьабизе кколеблъи бич1ч1изаби. Маг1арул ч1ужуг1аданалъе т1адег1анаб къимат кьей.

Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, презентация, реферат, суратал.

Класс дарсиде х1адури.

Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а )Ф. Г1алиевалъул творчество;

б)К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул кьог1лъи.

в) Рагъ- г1ахьалаб балагь.

Учителас асар ц1али.

Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

Дарс щула гьаби:

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

в)асаралъул идея рагьи.

Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

Класс дарсиде х1адури.

-М. ГЪайибековалъул х1акъалъулъ реферат,

5. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Ф. Г1алиевалъул творчество.

Фазу Г1алиева гьаюна 1932соналъ ХунзахърайоналъулГиничукь росулъ.Гьит1инго эменги хун хут1арай гьей г1езаюна эбелалъ.

Дагьаб мехалъ Мах1ачхъалаялда руччабазул педагогияб институталдаги ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала г1умруялъул цо лъик1аб мурад- лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.Гьенир к1удиял г1алимзабаз, машгьурал хъвадарухъабаз кьурал дарсаз камилгьабуна коч1ое бугеб гьунар, гъварид гьабуна г1акълу-лъай. Фазуе дарсал кьуна рек1елъ къвак1иги чорхолъ гьунарги бугел Михаил Светлов, Владимир Луговской г1адал поэтаз.

Ц1али лъуг1ун хадуб ,Фазу х1алт1ула Дагъучпедгизалъул редакторлъун, г1емерал соназ йик1ана “Дагъистаналъул ч1ужуг1адан” журналалъул бет1ерай редакторлъун. Кинабго жигарги, жанги, чорхол къуватги, рек1ел х1асратги Фазуца кьола г1адамазул рак1ал авадан рук1ине, жах1да- х1усуд т1аг1ине, вацлъи, гьуинлъи щулалъизабизе.

Т1оцебесеб жиндирго кеч1Фазуцагьабуна т1оцебесеб классалда ц1алулей йигсб мехалъ. Узухъда, жеги берцинго ц1ализе-хъвазе лъаларей ясалъ гьабураб коч1олъ г1унгут1аби г1емерал рук1ана, амма гьит1инай ясалъухъа бажарана халкъалъулго г1умруялъе к1вар бугеблъугьа-бахъиналде раг1и абизе. Сон бук1ана г1ажаибаб. Росулъа армиялде т1орит1улаан г1олохъаби. Жеги рек1ун бук1инч1о аза-азар маг1арул г1олохъабазул г1умру бахъараб к1удияб рагъул ц1а, гьединлъидал армиялде унел т1орит1улаан рохалида, кеч1-бакъангун. Ват1ан ц1унизе унел чарамул васазухъги балагьун, гьит1инай Фазуца цоцалъ хурхинаруна т1оцебесеб коч1ол мухъал..

Фазул гьел раг1аби рахъана школалъул къадал газеталда. Гьелъул х1акъалъулъ хабар, пири г1адин, хехго т1ибит1ана гьит1инаб маг1арул росулъ. Гьеб раг1ана эбелалдаги. Ялгъузлъиялъ рак1 мукъсанай, чияр раг1укьа х1инкъарай эбелалъ ,лъадаса ц1ун бач1араб г1ерет1 г1одоб лъезег1ан теч1ого, к1ут1ана яс:

Щай, эбел, ягъулей? — абун гьикъана тамашалъарай Фазуца.

Ясаз кеч1 хъвалеб киб дуда раг1араб? Куч1дул хъварайМарямил г1адин, к1ал букъизейищ бокьун бугеб дуеги?—гьединаб бук1ана эбелалъул жаваб.

Фазул 30 ц1ик1к1ун т1ехь къват1ибе биччана. Щибаб т1ехь — гьеб ккола рек1ел цо кесек, г1умруялъул х1акъалъулъ гьарурал пикраби, анищал ва хьулал рехсарал сипат-суратал, образал. К1удияб рокьигун, адаб-х1урматгун хъвапеб буго Фазуца маг1арулазул, гьезул г1адатазул, г1амал-хасияталъул, т1абиг1аталъул х1акъалъулъ.

б) Фазуе щварал шапакъатал:

1969с. Кьуна Дагъистаналъул халкъияй поэтесса абураб ц1ар,

1994с.гьелъие кьуна Халкъазул гьудуллъиялъул орден.

2002с. кьуна Андрей Первозванниясул орден…

1941 соналъ байбихьана гьеб вах1шияб рагъ. . Г1емераб г1акъуба- къварилъи бихьана г1адамазда, амма гьез бихьизабуна кьвариги,къвак1иги, лебаллъиги, Ват1аналде бугеб г1урхъи гьеч1еб рокьиги, тушманасукьа х1инкъулареблъиги. Киналго цолъун, вацал г1ади,н къеркьана гьел г1аммав тушманасде данде. Гитлерил хиялал х1орлъана.

Нилъераз босана бергьенлъи, амма камиял г1емер ккана.Ват1аналъе г1оло, нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьуна 30 миллионналде г1агарун чияс.

в ) Рагъ- г1ахьалаб балагь.

Къварилъ, ками кеч1еб хъизан цониги бук1инч1илан абизе бегьула. Ват1аналъе камунаг1емерал васал. Гьезул ц1аралги ишалги кидаго к1оченаро. Рагъалъ рахъинаруна г1емерал бах1арзалги. Дагъистаналдаса вахъана 50 ц1ик1к1ун бах1арчи. Рак1алде щвезабе нилъер районцоясул бах1арчилъи. Мух1амадзагьид Г1абдуланаповасул х1акъалъулъ раг1ич1ев чи вук1ине рес гьеч1о.Гьесдаса ч1ух1ула ракьцоял.

Учителас асар ц1али.

Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей(словарияб х1алт1и).

Х1алцен, гормендо, сухъмахъ, свенек.

Дарс щула гьаби:

— Фазу Г1алиевалъул х1акъалъулъ щиб лъараб?

-Т1оцебесеб кеч1 кида гьабураб?

— Щай эбел ясалда ягъарай?

-Фазул асаразул ц1арал рехсе.

-Асаралъул тема рагье.( Асархъвалаго, авторалъборхунеб буго чаналиго к1вар бугебсуал, тема:

Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1акъиллъи, сабруялъул к1одолъи, гьелъул рух1ияб бечелъи.

Рагъул кьог1лъи, рагъул магъалоялъул бак1лъи, рагъул лъалк1ал.

+ Лъил ц1аралдасан бицунеб бугеб асар?

— Халунил образ рагье.

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

— Сабру- алжаналъул к1ул

— Ват1ан хириясе хвел бук1унареб?

в)асаралъул идея рагьи.

— Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

Бихьизабулеб буго рагъул магъалоялъул бак1лъи. Рагъалъ киданиги лъик1лъи гьабуларо, гьелъ бачун бач1уна к1удияб балагь. Рагъалъ вас гьавуларо, гьавуравги ч1вала. Бит1араб буго гьеб кици.( Закари рагъда ч1валев вуго. Амма рокъорго хут1аразул г1умруги лъик1аб гьеч1о, рагъалъ гьездаги лъун буго к1удияб ругъун: цоялъе камун вуго абурав, цогиялъе- вас.)Гьел бах1арзал к1очене бегьуларо.

Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе.Г1абдулманаповасул х1акъалъулъ доклад х1адуризе.

Т1олалго нилъ цолъун мац1 ц1унизелъун, Ц1акъго т1адег1анаб рак1ари нилъер! Жакъа нилъеца т1обит1улеб буго нилъерго миллатги, мац1ги к1одо гьабун гьит1инабго церерахъин.

Содержимое разработки

Асаламу г1алайкум маг1арул мац1ги, миллатги рокьулел, маг1арулал!

Т1олалго нилъ цолъун мац1 ц1унизелъун,

Ц1акъго т1адег1анаб рак1ари нилъер!

Жакъа нилъеца т1обит1улеб буго нилъерго миллатги, мац1ги к1одо гьабун гьит1инабго церерахъин.

Г1енекке, муг1рул кеч1 чвахулеб буго,

Гьеб боржунеб буго муг1рул т1огьазде,

Гьеб гъугъалеб буго кьурабалъ, парсахъ.

Муг1рул коч1охъабаз мисал босизе.

Асаламу г1алайкум, хириял бусурбаби,

Бусурманаб диналъул кьуч1алда хут1айги нуж.

Кьварараб наслуялъул сси бугел маг1арулал,

Сахлъи сахаб г1умру кьун г1орц1изег1ан тайги нуж.

Намус иях1 ц1унараб ц1аралда т1анк1 ккеч1ого,

Бац1адаб г1ищкъуялъул г1орхъуда хут1айги нуж.

Хъизан-рукъ цоцалъ бит1ун бокьухъе ратайги нуж,

Рокьарал лъималги щун щулаго хут1айги нуж.

Бертадуе гурони чед бежизе ккогеги,

Рохалие гурони лълъар борхизе ккогеги.

Г1акъилав имамасул нухдаса таругеги,

Гьесул г1адаб лебаллъи лъугьараб наслу кьеги.

Авар мац1 бицунеб меседил кини,

Кинацаго гьорой рехулеб буго.

Гьеб мац1алъ кинидахъ ах1улел куч1дул

Дах1абабадацин к1очон тун руго.

К1одо, маг1арул мац1 кида к1очараб?

Дах1ададал к1уди г1урусалълъайищ?

Нилъер миллаталъул тарих, г1адатал,

Гьеб мац1 к1очон тани, кин лъазе ругел?

Хварал мац1алгицин ч1аго гьарулин,

Ч1агояб авар мац1 щай хвезабулеб?

Мац1 к1очене тани, Шамил к1очена,

Ах1улгох1 билила, Мах1муд лъаларо,

Г1алих1ажи, Ч1анк1а, кици-биценал,

Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.

Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларел

Лъималазул хьвади щибдай бук1ина?

Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалги

Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ?

Дун г1урус мац1 рихун к1алъалей гуро,

Дие гьеб бокьула, дида гьеб лъала.

Амма бокьилаан маг1арулазда

Маг1арул жидерго мац1 к1оченч1они.

Дун йиго маг1арулай

Маг1аруллъи хирияй

Маг1арухъ кьуру г1адай

Кьури гьеч1еб рак1алъул.

Дун дур талих1ай йиго

Дир хирияб Дагъистан

Дур ракьалда йик1иналъ

Дуде бугеб рокьиялъ.

Ах1изе ккола куч1дул

Умумузул жергъада

Реццизе ккола ясал

Намус ц1унизе лъалел.

Кьурдизе рекъон буго

Къалигун зурма бачун

Чияразул музыка

Муг1рузул бакъан гуро.

Маг1арулал ратани

Маг1арул г1амал тоге

Маг1арулазул намус

Басра гьабун хьвадуге

Дун йиго маг1арулай

Маг1аруллъи хирияй

Маг1арухъ кьуру г1адай

Кьури гьеч1еб рак1алъул.

Г1орхъи тун бокьула мун, маг1арул мац1,

Маг1арухъ г1умругун цадахъ бижараб.

Чохьол эбелалъул рахьдада цадахъ

Дур маг1арулаб рух1 хахана дица.

Дулъ биун т1ун буго Мах1мудил х1асрат

Х1амзатил борхатаб, гъварараб гьаракь,

Бокьула рак1алъе мун, г1агараб мац1,

Г1азизаб ракьалъул т1абиг1ат г1адин.

Дун гьаюраб къоялъ, къулун т1адегун,

Т1егьилан абуна, дида эбелалъ.

Гьеб раг1и бук1ана маг1арул мац1алъ

Маг1арул ч1ужуялъ ч1ух1ун абулеб.

Дица гьаб мац1алда бакъул ч1оразде

Дах1аян рит1ана гьит1инал кверал,

Каранде дунги къан, инсуца дие

Гьаб мац1алъ ц1алана, ц1одорал харбал.

Ясазул кьурди.

Къоло щуго соналъ Дагъистан ц1унун,

Ц1ум г1адин вагъарав Шамил имамас,

Маг1арул мац1алда эркенлъийилан

Ах1ана кьураби кьват1илеб х1алалъ.

Гьаб мац1 дие кьуна маг1арулаца

Маг1арул намусгун бечедаб ирслъун.

Бац1ц1адго ц1уне гьаб, бечед гьабе гьаб,

Гьелда ах1е дуца х1асратаб кеч1ан.

Биччанте гьаб дагьаб хъач1аб бук1ине,

Хъач1ал кьурабазда г1ураб бук1ине.

Г1агараб рахьдал мац1, дир маг1арул мац1,

Дир рек1елъ бессараб бидулъ бежараб,

Дицаги кьела мун рахьдада цадахъ,

Дирго лъималазе ма босейилан.

Хириял гьудулзаби, рак1ал цоял кьерилал,

Жакъад ругин нилъ дандч1ван, гьаб берцинаб сверуда.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.

Ралагье нуж квег1иса, ралагье квараниса,

Киназго пикру гьабе бит1араб бугищали.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.

Аби буго маг1арухъ, бищунго дур рак1 хвараб,

Аск1ор ругел божараз гьабулеб батулилан.

Гьеб бит1араб батила, г1умру гьеб г1умру буго,

Амма жакъа гьединал нилъеда аск1ор гьеч1о.

Ралагье нуж квег1иса, ралагье квараниса,

Киназго пикру гьабе бит1араб бугищали.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.

Огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, ц1уне гьудуллъи!

Огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, ц1уне гьудуллъи!

Гьудуллъи бук1унаро, к1удияб хъулухъ бугин

Гьудуллъи бук1унаро, г1емераб г1арац бугин.

Т1адег1анас бецараб, берцинаб г1умру гьабе

Г1аданлъи чорхолъ ц1уне, хириял гьудулзаби.

Ралагье нуж квег1иса, ралагье квараниса,

Киназго пикру гьабе бит1араб бугищали.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.

Киналго сверухъ ругел, ралагье нуж цоцазухъ

Бадиб ц1вабзазул кунч1и, керемалда х1асралъи.

Гъункарал, цолъарал муг1рузда г1урал

Маг1арулал, щай нилъ рикь-рикьун ругел?

Кьолбол к1одолъидул бицун г1олебищ,

Г1аданлъиялъ тараб тахидаги ч1ч1ун.

Мискинлъулел руго, бечелъанаг1ан,

Бечедал г1адатал г1одор таралго.

Г1емерлъанаг1ан нилъ дагьлулел руго,

Данделъизе ресал ратуларого.

Нилъ цолъизе ккола, цогидацаги

Нилъедасан мисал босеян абе.

Нилъ рекъезе кола, рекъелгун вацлъи

Даимлъизе ккани Дагъистаналда.

Бице, эбел Ват1ан, бице Дагъистан,

Мун разияб гьеч1ищ дур васаздаса?

Мустах1икъав вугищ дун дур ц1аралъе

Ц1адулъ парпадулел дур байрахъазе? —

Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?

Гьадал муг1рузулги гьал г1оразулги

Г1умругун цолъич1ел къоял дир гьеч1о.

Гьадал къункърабазул рахсидаса т1ун,

Нух бат1ияб зодихъ дица гьабич1о.

Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?

Гьал дир орденалги, дир медалалги

Дица дир муг1рузул каранда рала.

Гьобол хисуларев т1адмаг1арулас, —

Т1адег1анаб улка кинан хисулеб!

Бице, эбел Ват1ан, бице Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?

Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Щай дие гьал муг1рул, г1урул раг1алда

Г1агараб маг1арул кеч1 раг1ич1они?

Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз,

Кьурул раг1алда ч1ун, гьеб ах1улеб куц!

Гьеб мац1алъ панаяб кеч1 ах1улаго,

Киниги гьулакги к1ик1ана нилъер.

Гьаб мац1алъ, рокъоса унеб мехалда,

Нух бит1айгийилан абуна улбуз.

Мах1мудил пасих1лъи, гьасул х1асралъи,

Бидулъ къаламги ччун, гьарурал куч1дул,

Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ кинигин,

Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о.

Аллагь, малъе г1олезда,

Г1адаталги адабги,

Умумуз нилъей тарал,

Тарихазул назлаби.

Херазул адаб кквезе,

Адабият ц1унизе,

Унтаразда гурх1изе,

Рукъулезухъ г1одизе.

Лъимер гьабураб рокъоб,

Дуг1а ц1алун лъугьине,

Рац1ц1алъиги роц1енги

Гьезие даимлъизе.

Аллагь, дуда гьарула,

Дир гьари къабул гьабун,

Дунялалъе рекъел кье,

Рагъул ц1аял свинаре.

Гьит1инал к1удиязе,

К1алг1алъун рагье дунял

Ц1уне дуца Дагъистан,

Ц1уне дуца Россия.

Гьалдалъун жакъасеб нижер церерахъин раг1алде щвана. Мац1 ккола инсанасе кьураб кутакаб бечелъи, х1икмат. Гьарула нужее маг1арул мац1алъул х1еренлъиги, недегьлъиги кидаго нужер рак1азулъ бессун хут1изе.

empty alt

Установите приложение, чтобы получить полный доступ ко всем функциям

Очень хооошее дуа
(аварский)
Аг1узу биЛлагьи мина щайт1ани рраджим. БисмиЛлагьи рах1мани ррах1им. Алх1амдулиллягь, щибаб рецц дуе буго, Аллагь, рецц рекъарав ханги Мун вуго, Бет1ергьан, гьаб динул Исламги кьун ниж к1одо гьарурав. Дуниялалъул рокъов лъик1асдаги квешасдаги гурх1улев Аллагь, кинал ратаниги нижеда Мун гурх1а, Ахираталъул рокъов хасго муъминасда гурх1улев Аллагь, муъминзабазде гъорлъе нижер исму — ц1ар ккезе гьабе Аллагь. Я Арх1ама Ррах1имин, Я Арх1ама Ррах1имин, Я Арх1ама Ррах1имин, Я РРаби, нижер тавбуги къабул гьабе Аллагь, бараб какги, ккураб к1алги, ц!алараб Къур’анги, ц!алараб зикриги, гьабураб г1амал къабул гьабе Аллагь. Мун разияб г1амалалъе тавфикъ кье, к1иябго рукъалул квешлъабаздаса ц1уне. Нижедаги, Эбель — Инсудаги, вацал — яцаздаги, лъималаздаги Мун Гурх1а Аллагь. Мунагьал чуре, чурхдул рац1ц1е, Мунги, Дур Х1абибги, устарзабиги разияб х1алалда ниж ч1езе гьаре, Аллагь. Гьеб х1алалда хвезе гьаре хун хадур т1адеги рахъине гьаре Аллагь. Баларесе как гьуин гьабе, кколаресе к1ал гьуин гьабе, Мун вокьи кье, Дур Х1абиб вокьи кье, Къуръан бокьи кье, Къуръаналъул баракат нижее ризкъилъун гьабе Аллагь. Дуниялалъул ахиралда гурх1а, Ахираталъул авалалда гурх1а, ахир бахъулеб рух1 иманалда бахъе, нижер хвараздаги гурх1а, ч1агояздаги гурх1а. Бец1аб лах1ду гвангъизабе, къваридаб хоб г1ат1ид гьабе, г1анкъра борохьалъул г1азабалдаса ц1уне, г1амалал хъварал кагътал кваранисан кьолеллъун гьаре, ц1ц1адирабат1а лъик1лъаби ц1иккине гьабе, Сират1алъул кьодасан рахине кумек гьабе, Кававсаралъул лъим щолеллъун гьаре, Г1арщалул раг1ад щолеллъун гьаре, иман бугел данде ч1вазе гьаре, дин бугезда гъорлъе ккезе гьаре, иман щула гьабе, щайт1ан риккад гьабе. Дуниялалъул ургъелалги бигьа гьаре Аллагь, чорхолъа унти бахъе, рек1елъа ургъел бахъе, унти-балагьалдаса ц1уне, зулму макру х1иллаялдаса ц1уне. Нижее лъик1лъи гьабурасул азар даражаялде бахине гьабе Аллагь. Квешлъи гьабурасеги жаваб Дуцаго гьабе Аллагь. Мун к1очараб черхалдеги, чи гурх1араб рукъалдеги биччаге Аллагь. Исламалъул байрахъал рорхизе гьарун, капурзабазул х1ат1икь ккезе гьаре Аллагь. Устарзабазул макъам даражабиги Дуца т1адег1ан гьаре, гьезие чорхое сахлъи кье, гьез къач1алел рак1ал нижерги Иманалъул ц1езе гьаре Аллагь. Устарзабазул адаб ккезе нижее тавфикъ кье Аллагь. Файизалъул нуралъ рак1ал чуре Аллагь. Нижер лъимал иман бугел, бахьи бугел лъугьине гьаре Аллагь. Мун разияб г1елму кье, гьелда рекъараб г1амал кье Аллагь. Чехь бух1араб рух1иялдаса ц1уне😞😢😞рух1 босараб ракъиялдаса ц1уне. Кир ниж ругониги нижер лъимал Дуца ц1уне, хьихье Аллагь. Дуде Аманат гьарулел руго Аллагь. Баракат бугеб рикъзи кье. Квешлъиялде х1ет1 бухье, х1арамалде квер бухье Аллагь. Гьабурасул ригьин баракат бугеблъун гьабе Аллагь. Раг1иги къокъаблъун къадарги халатаблъун гьабе Аллагь. Гьаб Дуг1а ц1алан щинав чиясул Рак1алда ругел киналго мурадазде щвезе гьаре Аллагь. Гьаболеб щинаб данде билъине гьабе Аллагь. Гьаболеб щиналда баракат лъе Аллагь. Унтарав сахлъизе гьаве. Рек1елъ Иман ц1ц1иккине гьабе. Мун гурх1араб гурони къо т1аде биччаге Аллагь. Иманги Исламги бахъараб къо т1аде биччаге Аллагь. Гурх1а Аллагь нижеда, лъугьа Аллагь мун т1аса, чуре Аллагь Мунагьал, гьабе Аллагь г1ат1илъи. Раббана атина фи ддуния х1асанатан ва фил ахирати х1асанатан ва къина г1азаба ннар. Нар абураб жжужах1алъул ц1аялъе нижер гьанги расги х1арам гьабе Аллагь. Аллагьума салли г1ала саййидина Мух1аммадин ваг1ала али саййидина Мух1аммадин васаллим.
Аллагьас Дуг1а къабулалгун цадахъ рахъаги киналго.
Аллагьума Амин. ❤🌹🌹🌹

Исана 74 сон тIубалеб буго Совет Союзалъ гьелъул армиялъ, рагъда гIахьаллъарал пачалихъазул прогрессивияб халкъалъ гитлерилаб фашизмалъул Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса нахъе.

КIудияб Бергьенлъиялъе — 74 сон

Рагъул кьогIлъи кIочене бегьуларо

Исана 74 сон тIубалеб буго Совет Союзалъ гьелъул армиялъ, рагъда гIахьаллъарал пачалихъазул прогрессивияб халкъалъ гитлерилаб фашизмалъул Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса нахъе.

Дунялалъулго халкъал рахъана ВатIан цIунун хъамалчагIазде данде рагъизе. КIиабилеб дунялалъул рагъалъ гъорлъе вачун вукIана миллиардгун 700 миллион чи вугеб 61 пачалихъ. 110 миллион чияс кодобе босана ярагъ, 40 пачалихъалъул ракьалда тIад унеб букIана рагъ. 1418 сордо-къоялъ халалъана кIиабилеб ВатIанияб рагъ. I941 соналъул июналда СССРалъул армиялда 2,9 миллион чи вукIун ватани, хадуб гьелъул къадар бахана 6,7 миллион чиясде. КIиабилеб дунялалъул рагъда хвана 50 миллионалдаса цIикIкIун чи. СССРалда тIаде кIанцIана цадахъго 4 гьаваялъул флот ва 190 дивизия. Гьезда гъорлъ рукIана 5,5 миллион чи солдатазул ва офицеразул, 37I2 танк, 4500 самолет, 50000 гIарада. Гьеб къуват 2-3 нухалъ цIикIкIараб букIана дандечIей гьабизе кколел гIорхъабазда рукIарал БагIараб Армиялъул аскараздаса.

Гьеб рагъда хвана фашистазул 1,5 миллион чи ва асирлъуде восана 90 азарго чи. Гьеб букIана Германиялъ тIолабго улкаялда магIирукъ лъазабураб къо. Гьеб букIана нилъер аскараз босараб кIвар бугеб кIиабилеб бергьенлъи. Сталинград кверде босиялъ кьолболъанго рагъул ин хисизе байбихьана ва тIолго дунялалъулго рагъул кверщел кодобе щвана СССРалъухъе. 1943 соналъул июль моцIалъ Курскалъул дугаялда рагъал унаго тушманасул аскараз байбихьана гъоркьчIел гьабизе, амма БагIараб армиялъул гьужумалъ гьел гьеб соналъул ахиралде Белоруссиялъул гIорхъабазде нахъе къазаруна. 1943 соналъ нилъеца росарал бергьенлъабазул хIасилалда тIубан кьолболъанго хисана рагъул ин. Гьебги букIана нилъее щварал бергьенлъабазул лъабабилеб. 1944 соналъул 6 июналда рагьана кIиабилеб фронт ва Англо-Америкаялъул аскарал рещтIана Нормандиялда-Франциялъул ракьалда. I944 соналъул январь моцIалъ блокадаялдаса эркен гьабуна Ленинград. Гьебго соналъул апрель-май моцIаз БагIараб Армиялъ щущахъ риххизаруна тушманасул аскарал ЧIегIераб ралъдал рагIаллъабазул ракьаздаса — Крым, Севастополь, Одесса. 1945 соналъул байбихьуда Европаялъул пачалихъалги эркен гьарулаго, БагIараб Армия ана 500 км. манзилалъ цере Берлиналдехун. Гьебго соналъул 30 апрелалъ БагIараб Армиялъул гучалдалъун Берлиналъул Рейхстагалда тIад парпазабуна Бергьенлъиялъул байрахъ. Гьеб байрахъ лъуразда гъоркь вукIана дагъистанияв АбдулхIаким ИсмагIиловги. 2 маялъ Берлиналъул гарнизон ва 8 маялъ тIубанго Германия кверде бачIана. 2 маялъ Чехословакиялъул тахшагьар Прагаялда кодор росана вермахталъул рагъул рукIарал ахирал аскаразул къокъаби. Гьеб заманалда Западалъул ракьалда ругел пачалихъазда рагъ лъугIана. БагIараб Армиялъ Востокалда бугеб Япониялъул армия щущахъ биххизабуна ва 2 сентябралъ гьеб кверде босана. КIиабилеб дунялалъулго рагъда жигараб гIахьаллъи гьабуна кIинусазаргоялде гIунтIун дагъистанияс. Рагъда росарал бергьенлъабазе гIоло 30 азаргоялдасаги цIикIкун дагъистаниясе щвана рагъул орденал ва медалал, 58 чиясе щвана Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар.

Гьезда гьоркьор руго нилъер ракьцоял, Анатолий Хуторянский ва Зульпукъар ГIабдурахIманов. Дагъистаналъул халкъалъ ВатIаналъул рагъул соназда танкал, самолетал ва цогидабги рагъулаб къайи гьабиялъе кьуна 350 млн. гъурущ гIарац, фронталъе битIана 150 вагон хинаб ретIел-хьиталъул, ва 140 вагон батIи-батIиял сайгъатазул. Гьеб кинабго бакIариялъулъ гIахьаллъи гьабуна херазги, руччабазги, школалъул лъималазги, гIаммаб къагIидаялъ-киназго. РухIалда, яхIалда барахщичIого рагъда жигараб гIахьаллъи гьабуна нилъер районалъул халкъалъги.

Нилъер районалдаса КIиабилеб ВатIанияб рагъде ана ункъазариде гIагарун чи. Гьезул гIемерисел абадиялъего къанщана кьалул майданалда. Районалъул щибаб росулъ руго рагъде аразул, рагъдаса руссинчIезул рагъул гIахьалчагIазул сияхIал. Киналго рагъда гIахьаллъаразул, гьезул бахIарчилъиялъул, рагъда росарал бергьенлъабазул бицун нилъер хIал кIвеларо, амма якъинго лъалеб жо буго гIемер миллаталъулаб Совет Союзалъул рагъулал аскаралгун цадахъ лъугьун гьез бахIарчияб къагIидаялда кьаби щвезабуна тушманасда.

Бигьаго щвечIо нилъее бергьенлъи. Рагъул соназ фронталда букIаралъул бицун хIал гIоларо. Рагъда нилъ бергьана И.В. Сталинил нухмалъиялда гъоркь СССРалъул тIолалго миллатазул халкъазул цолъиялдалъун. Советиял рагъухъабазул ва тылалда ругезул рагъулабгун хIалтIулаб кьварараб гIадлу-низам, щибав рагъухъанасул бахIарчияб вагъи, сордо-къоялъулаб кIвахI гьечIеб хIалтIи, рагъухъабазда ва халкъалда гъоркьоб гьабураб бергьенлъиялде тIолго халкъ ахIараб патриотикияб пропаганда-гьеб ккола КIудияб Бергьенлъиялъул аслу. Амма жакъа къоялъ гьедин захIмат щвараб бергьенлъиялъул тарих БакътIерхьул пачалихъазгун СШАялъул тарихчагIазгун политиказ хисизабизе жигар бахъулеб буго.

Дунялалда тIад кидаго букIинчIо ва букIине рес гьечIо кинабго рахъалъан щвалде щвараб ритIухълъи бугеб пачалихъ. Улкаялъул къисмат бараб букIуна гьелъул нухмалъиялда. Н.С. Хрущев СССРалъул компартиялъул тIоцевесев секретарьлъун ккаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан тIагIунеб гьечIо И.В. Сталин каки. Сталин хун хадусала рачIаралщиназ къасд бахъулеб буго гьес бекьараб хуриса бачIинги бакIарун, ганчIал жанире рехизе. Гьелъул хIасилалда гьез кIвахI тун жигар бахъулеб буго жидерго политикияб карьера борхизабизе.

Рагъул заманаялъулги, хадусел соназулги щвалде щун бицинчIониги, къокъаб заманалда жаниб Сталинида кIвана улка промышленносталъул рахъалъан дунялалдаго тIад кIиабилеб бакIалде бачизе. БукIун батила улкаялда тIад гIадлу-низам щула гьабулаго, законал щвалде щвараб къагIидаялда цIунулаго, пачалихъалъул буголъи цIуниялъе гIоло гьарулел кадраби тIаса рищун тIамиязул тадбиразулъ Сталинил гIайибалдалъун ккарал репрессияби, гьелда инкар гьабиларо. Н.С. Хрущевасул тIадкъаял-далъун батIи-батIиял идарабаз кьурал баяназда рекъон, 1921-1952 соназда политикиял гIиллабазе гIоло тамихIалде цIаразул къадар 3,7 млн. бахун батани, Советияб пачалихъ биххун хадуб, Россиялъул халкъалъе ккараб ками лъабго нухалъ цIикIкIун рагIула.

Читайте также:

  • Сочинение гладиаторы в древнем риме
  •   

  • Сочинение на тему польза силы трения вред силы трения
  •   

  • Человек и проблема ценностей сообщение
  •   

  • Сочинение про зубную щетку
  •   

  • В формулу я ты он можно вложить любое содержание сочинение миниатюра

КIудияб Бергьенлъиялъе — 74 сон

Рагъул кьогIлъи кIочене бегьуларо

Исана 74 сон тIубалеб буго Совет Союзалъ гьелъул армиялъ, рагъда гIахьаллъарал пачалихъазул прогрессивияб халкъалъ гитлерилаб фашизмалъул Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса нахъе.

Гьеб кIудияб бергьенлъиялъе гIоло советияб халкъалъул 28 миллион чияс рухI кьуна рагъда. Щибаб соналъ гIадин, жакъаги дунялалъулго халкъаз кIодо гьабулеб буго фашизмалда тIад босараб КIудияб Бергьенлъи. КIиабилеб дунялалъул рагъул хIинкъи букIана цохIо СССРалъул халкъазе гуребги ТIолгодунялалъул халкъазеги. «Нилъеца тIолабго дунял накабазда чIезабила» — гьединаб ахIигун кагъат букIана Германиялъул фашизмалъул щивав солдатасул кисиниб. Гьединаб мурадгун цолъана Германия, Италия ва Япония. Гитлерил планалда рекъон гIицIго славяназул хвезе кколев вукIана 40 миллионалде гIагарун чи. Москва ва Ленинград шагьарал ракьул гьумералда ращад гьаризе буюрухъ кьун букIана Гитлерица. Гьединабго къагIидаялъулаб вахIшилъи жидеда щвезе букIин бичIчIулеб букIана социализмалде дандечIараб Англиялъул хIукуматалъул бетIер У. Черчилидаги. I941 соналъул 22 июналъ бакъанил гIужалда радиоялдаса кIалъалаго, гьес абуна: «Россиялъе бугеб хIинкъи — гьеб буго нилъее ва Америкаялъул цолъарал штатазе бугеб хIинкъи. Жиндирго рукъалъе, гъанситоялъе гIоло вагъулев щивав гIурусасул иш ккола тIолабго дунялалъул киналго ракьазде ругел эркенал гIадамазул ва эркенал халкъазул ишлъун», — ян.

Дунялалъулго халкъал рахъана ВатIан цIунун хъамалчагIазде данде рагъизе. КIиабилеб дунялалъул рагъалъ гъорлъе вачун вукIана миллиардгун 700 миллион чи вугеб 61 пачалихъ. 110 миллион чияс кодобе босана ярагъ, 40 пачалихъалъул ракьалда тIад унеб букIана рагъ. 1418 сордо-къоялъ халалъана кIиабилеб ВатIанияб рагъ. I941 соналъул июналда СССРалъул армиялда 2,9 миллион чи вукIун ватани, хадуб гьелъул къадар бахана 6,7 миллион чиясде. КIиабилеб дунялалъул рагъда хвана 50 миллионалдаса цIикIкIун чи. СССРалда тIаде кIанцIана цадахъго 4 гьаваялъул флот ва 190 дивизия. Гьезда гъорлъ рукIана 5,5 миллион чи солдатазул ва офицеразул, 37I2 танк, 4500 самолет, 50000 гIарада. Гьеб къуват 2-3 нухалъ цIикIкIараб букIана дандечIей гьабизе кколел гIорхъабазда рукIарал БагIараб Армиялъул аскараздаса.

Нилъер улка тIубан хIадурлъун букIинчIо рагъде. Къокъабго заманалда тушманасухъе щвана тIощел гIезабулел рукIарал ракьал, риххизаруна 60 процент чаран кьолел заводал, гьедигIанасеб къадар тIурччи бахъулел шахтаби. Рагъул заманалда фашистаз чIунтизабуна I710 шагьар ва поселок, 70000 цIикIкIун росу, 31850 заводалгун фабрикаби, 98000 колхоз, 39000 медучреждение, 82000 школа ва гIемераб цогидабги. 25 миллион чи хутIана жанир чIезе рукъзал гьечIого. Гьеб захIматаб ахIвал-хIалалъул заманалда СССРалъул пачалихъалъул нухмалъулез, улкаялъул цIар рагIарал рагъул полководцазул жигараб рагъул аскаразе гьабураб битIараб нухмалъиялъ, политбюроялъ бетIералда Генералиссимус Иосиф Сталингун къокъаб заманалда жаниб тIолабго улкаялъул промышленность, росдал магIишаталъул буголъи ва цогидалги промышленносталъул бутIаби мутIигI гьаруна рагъул мурадалъе. БакътIерхьул рахъалда ругел регионаздасан ва централиял районаздаса заводал, фабрикал хIажатал сурсаталгун ва специалисталгун рехана Дальний Востокалде, Уралалде ва Гьоркьохъеб Азиялде. «Кинабго фронталъе гIоло!» абураб ахIиялда гъоркь хIалтIулеб букIана улка. Уралалдаса добехун гочинабун рехана 2593 промышлияб предприятие. 1942 соналъул март моцIалда Востокалде рехарал предприятиябаз къватIиб биччана рагъулаб продукция тIолабго СССРалъ рагъул соназде щвезегIан къватIиб биччаралдасаги цIикIкIун.

Анлъго моцIида жаниб фашистазул аскарал щун рукIана Москва шагьаралда гIагарлъизе 75-110 км. манзилалде. Гьеб заманаялъ ахIи букIана «Нахъе къазе ихтияр гьечIо, нахъехун Москва буго» абун. I941 соналъул 5 декабралъ циндаго БагIараб Армиялъ байбихьана тушманасде гьужум гьабизе ва 1942 соналъул 7 январалъ тушбаби Москваялдаса нахъе къазаруна 250 км. манзилалъ. Гьеб букIана тIоцебе нилъее щвараб кIудияб бергьенлъи. 1943 соналъул 2 февралалъ тушманасдаса эркен гьабуна Сталинград шагьар.

Гьеб рагъда хвана фашистазул 1,5 миллион чи ва асирлъуде восана 90 азарго чи. Гьеб букIана Германиялъ тIолабго улкаялда магIирукъ лъазабураб къо. Гьеб букIана нилъер аскараз босараб кIвар бугеб кIиабилеб бергьенлъи. Сталинград кверде босиялъ кьолболъанго рагъул ин хисизе байбихьана ва тIолго дунялалъулго рагъул кверщел кодобе щвана СССРалъухъе. 1943 соналъул июль моцIалъ Курскалъул дугаялда рагъал унаго тушманасул аскараз байбихьана гъоркьчIел гьабизе, амма БагIараб армиялъул гьужумалъ гьел гьеб соналъул ахиралде Белоруссиялъул гIорхъабазде нахъе къазаруна. 1943 соналъ нилъеца росарал бергьенлъабазул хIасилалда тIубан кьолболъанго хисана рагъул ин. Гьебги букIана нилъее щварал бергьенлъабазул лъабабилеб. 1944 соналъул 6 июналда рагьана кIиабилеб фронт ва Англо-Америкаялъул аскарал рещтIана Нормандиялда-Франциялъул ракьалда. I944 соналъул январь моцIалъ блокадаялдаса эркен гьабуна Ленинград. Гьебго соналъул апрель-май моцIаз БагIараб Армиялъ щущахъ риххизаруна тушманасул аскарал ЧIегIераб ралъдал рагIаллъабазул ракьаздаса — Крым, Севастополь, Одесса. 1945 соналъул байбихьуда Европаялъул пачалихъалги эркен гьарулаго, БагIараб Армия ана 500 км. манзилалъ цере Берлиналдехун. Гьебго соналъул 30 апрелалъ БагIараб Армиялъул гучалдалъун Берлиналъул Рейхстагалда тIад парпазабуна Бергьенлъиялъул байрахъ. Гьеб байрахъ лъуразда гъоркь вукIана дагъистанияв АбдулхIаким ИсмагIиловги. 2 маялъ Берлиналъул гарнизон ва 8 маялъ тIубанго Германия кверде бачIана. 2 маялъ Чехословакиялъул тахшагьар Прагаялда кодор росана вермахталъул рагъул рукIарал ахирал аскаразул къокъаби. Гьеб заманалда Западалъул ракьалда ругел пачалихъазда рагъ лъугIана. БагIараб Армиялъ Востокалда бугеб Япониялъул армия щущахъ биххизабуна ва 2 сентябралъ гьеб кверде босана. КIиабилеб дунялалъулго рагъда жигараб гIахьаллъи гьабуна кIинусазаргоялде гIунтIун дагъистанияс. Рагъда росарал бергьенлъабазе гIоло 30 азаргоялдасаги цIикIкун дагъистаниясе щвана рагъул орденал ва медалал, 58 чиясе щвана Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар.

Гьезда гьоркьор руго нилъер ракьцоял, Анатолий Хуторянский ва Зульпукъар ГIабдурахIманов. Дагъистаналъул халкъалъ ВатIаналъул рагъул соназда танкал, самолетал ва цогидабги рагъулаб къайи гьабиялъе кьуна 350 млн. гъурущ гIарац, фронталъе битIана 150 вагон хинаб ретIел-хьиталъул, ва 140 вагон батIи-батIиял сайгъатазул. Гьеб кинабго бакIариялъулъ гIахьаллъи гьабуна херазги, руччабазги, школалъул лъималазги, гIаммаб къагIидаялъ-киназго. РухIалда, яхIалда барахщичIого рагъда жигараб гIахьаллъи гьабуна нилъер районалъул халкъалъги.

Нилъер районалдаса КIиабилеб ВатIанияб рагъде ана ункъазариде гIагарун чи. Гьезул гIемерисел абадиялъего къанщана кьалул майданалда. Районалъул щибаб росулъ руго рагъде аразул, рагъдаса руссинчIезул рагъул гIахьалчагIазул сияхIал. Киналго рагъда гIахьаллъаразул, гьезул бахIарчилъиялъул, рагъда росарал бергьенлъабазул бицун нилъер хIал кIвеларо, амма якъинго лъалеб жо буго гIемер миллаталъулаб Совет Союзалъул рагъулал аскаралгун цадахъ лъугьун гьез бахIарчияб къагIидаялда кьаби щвезабуна тушманасда.

Бигьаго щвечIо нилъее бергьенлъи. Рагъул соназ фронталда букIаралъул бицун хIал гIоларо. Рагъда нилъ бергьана И.В. Сталинил нухмалъиялда гъоркь СССРалъул тIолалго миллатазул халкъазул цолъиялдалъун. Советиял рагъухъабазул ва тылалда ругезул рагъулабгун хIалтIулаб кьварараб гIадлу-низам, щибав рагъухъанасул бахIарчияб вагъи, сордо-къоялъулаб кIвахI гьечIеб хIалтIи, рагъухъабазда ва халкъалда гъоркьоб гьабураб бергьенлъиялде тIолго халкъ ахIараб патриотикияб пропаганда-гьеб ккола КIудияб Бергьенлъиялъул аслу. Амма жакъа къоялъ гьедин захIмат щвараб бергьенлъиялъул тарих БакътIерхьул пачалихъазгун СШАялъул тарихчагIазгун политиказ хисизабизе жигар бахъулеб буго.

Дунялалда тIад кидаго букIинчIо ва букIине рес гьечIо кинабго рахъалъан щвалде щвараб ритIухълъи бугеб пачалихъ. Улкаялъул къисмат бараб букIуна гьелъул нухмалъиялда. Н.С. Хрущев СССРалъул компартиялъул тIоцевесев секретарьлъун ккаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан тIагIунеб гьечIо И.В. Сталин каки. Сталин хун хадусала рачIаралщиназ къасд бахъулеб буго гьес бекьараб хуриса бачIинги бакIарун, ганчIал жанире рехизе. Гьелъул хIасилалда гьез кIвахI тун жигар бахъулеб буго жидерго политикияб карьера борхизабизе.

Рагъул заманаялъулги, хадусел соназулги щвалде щун бицинчIониги, къокъаб заманалда жаниб Сталинида кIвана улка промышленносталъул рахъалъан дунялалдаго тIад кIиабилеб бакIалде бачизе. БукIун батила улкаялда тIад гIадлу-низам щула гьабулаго, законал щвалде щвараб къагIидаялда цIунулаго, пачалихъалъул буголъи цIуниялъе гIоло гьарулел кадраби тIаса рищун тIамиязул тадбиразулъ Сталинил гIайибалдалъун ккарал репрессияби, гьелда инкар гьабиларо. Н.С. Хрущевасул тIадкъаял-далъун батIи-батIиял идарабаз кьурал баяназда рекъон, 1921-1952 соназда политикиял гIиллабазе гIоло тамихIалде цIаразул къадар 3,7 млн. бахун батани, Советияб пачалихъ биххун хадуб, Россиялъул халкъалъе ккараб ками лъабго нухалъ цIикIкIун рагIула.

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Ф. Г1алиева «Кини»- 9кл.

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна

Лологонитль.2016г.

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Ф. Г1алиева «Кини»- 9 кл.

Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.

Лологъонилъ. 2016 с.

Дарсил тема: Ф. Г1алиева. «Кини».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

— Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ рагъул ва рокьул темаби рагьун ругеб куц , маг1арул ч1ужуг1аданалъул сабруялъул к1одолъи, г1акъиллъи бихьизабун бугеб куц бихьизаби. Ф. Г1алиевалъул творчествоялъе кколеб къимат кьей. Жакъасеб къоялъулгун бухьен ч1езаби. Ц1алдохъабазул г1акълу камиллъизаби.

  1. Лъай цебет1еялъул:

— Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

— Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе бажари.

  1. Тарбия кьеялъул:

-Ват1аналде рокьи бижизаби.

— Нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьурал г1адамал к1очене бегьулареблъи, гьезул бет1ер къулун, х1урмат гьабизе кколеблъи бич1ч1изаби.

— Рагъулкьог1лъи, рагъул магъалоялъул бак1лъи бихьизаби.

— Халунил образалдалъун лъималазе тарбия кьей. Сундулъго сабру гьабизе кколеблъи бич1ч1изаби. Маг1арул ч1ужуг1аданалъе т1адег1анаб къимат кьей.

Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, презентация, реферат, суратал.

Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи .

  4. Рек1елгъеялъулаб грамматика. «Щивали лъай».

  5. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а )Ф. Г1алиевалъул творчество;

б)К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул кьог1лъи.

в) Рагъ- г1ахьалаб балагь.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

в)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи:

-М. ГЪайибековалъул х1акъалъулъ реферат,

-«Коч1олъ батана дир ру1»- анализ.

4. Рек1елгъеялъулаб грамматика. «Щивали лъай».

5. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Ф. Г1алиевалъул творчество.

Фазу Г1алиева гьаюна 1932соналъ ХунзахърайоналъулГиничукь росулъ.Гьит1инго эменги хун хут1арай гьей г1езаюна эбелалъ.

Дагьаб мехалъ Мах1ачхъалаялда руччабазул педагогияб институталдаги ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала г1умруялъул цо лъик1аб мурад- лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.Гьенир к1удиял г1алимзабаз, машгьурал хъвадарухъабаз кьурал дарсаз камилгьабуна коч1ое бугеб гьунар, гъварид гьабуна г1акълу-лъай. Фазуе дарсал кьуна рек1елъ къвак1иги чорхолъ гьунарги бугел Михаил Светлов, Владимир Луговской г1адал поэтаз.

Ц1али лъуг1ун хадуб ,Фазу х1алт1ула Дагъучпедгизалъул редакторлъун, г1емерал соназ йик1ана “Дагъистаналъул ч1ужуг1адан” журналалъул бет1ерай редакторлъун. Кинабго жигарги, жанги, чорхол къуватги, рек1ел х1асратги Фазуца кьола г1адамазул рак1ал авадан рук1ине, жах1да- х1усуд т1аг1ине, вацлъи, гьуинлъи щулалъизабизе.

Т1оцебесеб жиндирго кеч1Фазуцагьабуна т1оцебесеб классалда ц1алулей йигсб мехалъ. Узухъда, жеги берцинго ц1ализе-хъвазе лъаларей ясалъ гьабураб коч1олъ г1унгут1аби г1емерал рук1ана, амма гьит1инай ясалъухъа бажарана халкъалъулго г1умруялъе к1вар бугеблъугьа-бахъиналде раг1и абизе. Сон бук1ана г1ажаибаб. Росулъа армиялде т1орит1улаан г1олохъаби. Жеги рек1ун бук1инч1о аза-азар маг1арул г1олохъабазул г1умру бахъараб к1удияб рагъул ц1а, гьединлъидал армиялде унел т1орит1улаан рохалида, кеч1-бакъангун. Ват1ан ц1унизе унел чарамул васазухъги балагьун, гьит1инай Фазуца цоцалъ хурхинаруна т1оцебесеб коч1ол мухъал..

Фазул гьел раг1аби рахъана школалъул къадал газеталда. Гьелъул х1акъалъулъ хабар, пири г1адин, хехго т1ибит1ана гьит1инаб маг1арул росулъ. Гьеб раг1ана эбелалдаги. Ялгъузлъиялъ рак1 мукъсанай, чияр раг1укьа х1инкъарай эбелалъ ,лъадаса ц1ун бач1араб г1ерет1 г1одоб лъезег1ан теч1ого, к1ут1ана яс:

  • Щай, эбел, ягъулей? — абун гьикъана тамашалъарай Фазуца.

  • Ясаз кеч1 хъвалеб киб дуда раг1араб? Куч1дул хъварайМарямил г1адин, к1ал букъизейищ бокьун бугеб дуеги?—гьединаб бук1ана эбелалъул жаваб.

Гьелдаса нахъе к1ал букъарабг1анги г1емерал соназ юц1ц1ун ч1ана Фазу. Ич1го соналдасан, 10 классалда ц1алулеб мехалъ, гьабуна Фазуца к1иабилеб кеч1. Гьелда ц1ар бук1ана «Ракълилаб байрахъ», гьеб бахъана «Маг1арул большевик» газеталда.

Фазул 30 ц1ик1к1ун т1ехь къват1ибе биччана. Щибаб т1ехь — гьеб ккола рек1ел цо кесек, г1умруялъул х1акъалъулъ гьарурал пикраби, анищал ва хьулал рехсарал сипат-суратал, образал. К1удияб рокьигун, адаб-х1урматгун хъвапеб буго Фазуца маг1арулазул, гьезул г1адатазул, г1амал-хасияталъул, т1абиг1аталъул х1акъалъулъ.

Фазуца хъварал гьадинал поэмаби(«Хвел гьеч1елъусан кагъат», “Ч1агоял къисаби”, “Анц1ила микьабилеб их”, “Эбел”, «Ц1умал муг1руздасан роржуна”, “Гьа”), гьединго къисаби( “Къисмат”, “Хъах1илаб ц1ад”, «Сапар»),романал( «Щуб щибаб харде бортула». “Ракьул г1ерекъ гьороца унаро”, «Кьолбол мугьру»), харбазул т1ехь “К1иго микьир” маг1арулаз гъираялда ц1алана, гьез бечед гьабуна авар литература.

б) Фазуе щварал шапакъатал:

1968с. «Анц1ила микьабилеб их»абураб поэмаялъухъ кьуна Сулейман Стальскиясул ц1аралда бугеб премия,

1968с. «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро» абураб романалъухъ кьуна Николай Островскиясул ц1аралда бугеб премия,

1969с. Кьуна Дагъистаналъул халкъияй поэтесса абураб ц1ар,

1994с.гьелъие кьуна Халкъазул гьудуллъиялъул орден.

2002с. кьуна Андрей Первозванниясул орден…

Гьей мустах1икълъана к1иго «Х1урматалъул г1аламат» орденалъе.

б)К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул кьог1лъи. Рагъул магъалоялъул бак1лъи. Гьеб кола «Кини» абураб хабаралъул аслияб тема. Гьениб бицунеб буго К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда маг1арулазул г1умруялъул…

1941 соналъ байбихьана гьеб вах1шияб рагъ. . Г1емераб г1акъуба- къварилъи бихьана г1адамазда, амма гьез бихьизабуна кьвариги,къвак1иги, лебаллъиги, Ват1аналде бугеб г1урхъи гьеч1еб рокьиги, тушманасукьа х1инкъулареблъиги. Киналго цолъун, вацал г1ади,н къеркьана гьел г1аммав тушманасде данде. Гитлерил хиялал х1орлъана.

Нилъераз босана бергьенлъи, амма камиял г1емер ккана.Ват1аналъе г1оло, нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьуна 30 миллионналде г1агарун чияс.

в ) Рагъ- г1ахьалаб балагь.

Къварилъ, ками кеч1еб хъизан цониги бук1инч1илан абизе бегьула. Ват1аналъе камунаг1емерал васал. Гьезул ц1аралги ишалги кидаго к1оченаро. Рагъалъ рахъинаруна г1емерал бах1арзалги. Дагъистаналдаса вахъана 50 ц1ик1к1ун бах1арчи. Рак1алде щвезабе нилъер районцоясул бах1арчилъи. Мух1амадзагьид Г1абдуланаповасул х1акъалъулъ раг1ич1ев чи вук1ине рес гьеч1о.Гьесдаса ч1ух1ула ракьцоял.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей(словарияб х1алт1и).

Х1алцен, гормендо, сухъмахъ, свенек.

  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

— Фазу Г1алиевалъул х1акъалъулъ щиб лъараб?

-Т1оцебесеб кеч1 кида гьабураб?

— Щай эбел ясалда ягъарай?

-Фазул асаразул ц1арал рехсе.

-Асаралъул тема рагье.( Асархъвалаго, авторалъборхунеб буго чаналиго к1вар бугебсуал, тема:

  1. Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1акъиллъи, сабруялъул к1одолъи, гьелъул рух1ияб бечелъи.

  2. Рагъул кьог1лъи, рагъул магъалоялъул бак1лъи, рагъул лъалк1ал.

  3. Рокьул тема.)

-Асаралъул жанр.

— Асаралъул героял.

+ Лъил ц1аралдасан бицунеб бугеб асар?

— Халунил образ рагье.

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

— Сабру- алжаналъул к1ул

— Ват1ан хириясе хвел бук1унареб?

в)асаралъул идея рагьи.

— Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

— Идея:

  1. Бихьизабулеб буго рагъул магъалоялъул бак1лъи. Рагъалъ киданиги лъик1лъи гьабуларо, гьелъ бачун бач1уна к1удияб балагь. Рагъалъ вас гьавуларо, гьавуравги ч1вала. Бит1араб буго гьеб кици.( Закари рагъда ч1валев вуго. Амма рокъорго хут1аразул г1умруги лъик1аб гьеч1о, рагъалъ гьездаги лъун буго к1удияб ругъун: цоялъе камун вуго абурав, цогиялъе- вас.)Гьел бах1арзал к1очене бегьуларо.

  2. Амма г1акъуба- г1азаб, къварилъи бихьанилан, г1одорч1ван, ц1акъго къваридго рук1ине бегьуларо. Гьабизе кола сабру, нахъеги гьабизе ккола г1умру.(Гьеб кинабго бихьизабун буго Халунил образалдалъун. Рагъда ч1вала гьелъул цох1о вугев вас.Жиндирго къварилъиги «к1очон тун»,Халуница х1аракат бахъула Меседол г1умру хисизабизе, гьелда кинабго бич1ч1изабизе.Гьелъ Закарил абурай росасул вацасул васасе ячуна, сундулъго гьабула сабру,жиндирго рек1елъ бугеб къварилъи бихьизе биччаларо, сундулъго г1акълу цебе ккезабула.)

  1. Рокъобе х1алт1и.

Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе.Г1абдулманаповасул х1акъалъулъ доклад х1адуризе.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

Муниципальное казенное общеобразовательное учреждение

«Дылымская гимназия имени Махмуда Салимгереева»

Согласовано Утверждено

зам. директора Директор МКОУ ДГ

«___»_______ 2014г.

от «30» августа 2014г.

Гаджиева Ж.А. З.С. Темирбулатова

РАБОЧАЯ ПРОГРАММА

по родной литературе для 9 класса

2014-2015 учебный год

ПРОГРАММАЯЛЪЕ БАЯН

Художествияб адабияталъ к1удияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе.

Гьединлъидал школалда малъизе т1аса рищун руго ц1алдохъабазе мустах1икъал, маг1наялъул ва мац1алъул рахъалъ щвалде щварал авар литератураялъул ва вацлъиялъул миллатазул цо-цо асарал. Гьезда т1ад х1алт1улаго, лъималазда лъазе ккола художествиял асаразул анализ гьабизе, гьезие бит1араб къимат кьезе ва адабияб теориялъул к1вар бугел баяназдаса пайда босизе, гьелдаго цадахъ гьезие рагьизе ккола художествияб каламалъул пасих1лъи ва гъварилъи.

Раг1ул устарлъиялъул асарал малъи ккола адабияб курсалъул аслияб рахълъун.

Малъиялъул мурадлъун ккола раг1ул устарлъиялда лъимал хадур гъезари, камилал художествиял асаразда гъорлъе раккизе ругьун гьари, пасих1аб сипатияб каламалъул тату лъаялде гьел рачин, гьелъул кьуч1алда асаразулъ рихьизарурал обществиял гъоркьорлъабаздалъун, г1адамазул г1амал-хасиятаздалъун авторасе абизе ва бихьизабизе бокьараб аслияб пикру рагьиялде ва бич1ч1иялде рач1ин.

Адабияб курсалда жаниб хасаб бак1 ккола Ват1ан хиралъиялъул. миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго зах1мат-халкъалъул мурадал ц1униялъул асар ц1алдохъабалъ куцаялъ.

Адабияталъул дарсаз лъимал т1амула миллатазул адаб-х1урмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи х1исабадда къабул гьабизе. Гьеб мурадалъе г1оло ц1алдохъабаз лъай-хъвай гьабула цогидал миллатазул литерагураялдаса авар мац1алде руссинарурал лъик1ал асаразулгун.

Гьеб программаялъул аслияб т1алаб: литератураялде лъималазул рокьи базаби; чвахун ва пасих1го ц1алиялъул бажари камиллъизаби; малъулел асаразул гъварилъуде раккизе ва аслияб пикруялда (идеялда) хадур гъезе к1везелъун, анализалъе авалияб роцада лъимал ругьун гьари, т1ахьал ц1ализе гъира-шавкъ бижизаби.

Щибаб классалъул курс г1уц1ун буго тарихиябгун тематикияб тартибги ц1унун. Гьелъ рес кьола лъималазул лъай г1амлъизабизе, литературиял асаразда кколел лъугьа-бахъинал ч1ванкъот1араб тарихияб заманалда хурхарал рук1ин ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе, ва гьезда бихьизабизе гьел асаразда жаниб бат1и-бат1ияб тарихияб заманалъул г1адамазул г1умруги г1амал-хасиятги ва рук1а-рахъинги гвангъун цебеч1езабун бук1ин; гьелдаго цадахъ лъималазе рагьула жакъасеб къоялдаги гьел малъулел асаразул бугеб к1вар: гьанжесеб г1умруялъе бит1араб къимат кьун бажаруларо, аралда данде кквеч1ого.

Щибаб классалъул программаялда кьун буго к1алзул ва хъвавул калам цебет1езабизелъун т1орит1изе кколел х1алт1абазул къадар.

Гьел х1алт1аби щулаго рухьарал руго адабиял асарал малъиялда. Гьединлъидал лъималги ругьунлъула сипатияб каламалде, поэтазул, хъвадарухъабазул пасих1аб мац1алде, раг1аби дандразе, хабар г1уц1изе, маг1наялда рекъараб форма батизе, жидерго пикру къокъго ва баянго загьир гьабизе. Гьелдалъун асаразул анализ гьабизеги, гьезие къимат кьезеги ц1алдалдохъабазул бажари борхула.

Программаялда ч1езабун буго, адабияталъул курс малъулаго,

лъималазе щвезе кколеб лъаялъул ва лъугьине кколеб бажариялъул

мух1канаб г1урхъи-рахъ. Лъазе ккола малъулел асаразул х1асил бицине,

щибаб классалъул программаялда кьурал литерагурияб теория-

лъул баяназдаса г1ат1идго пайда босизе, программаялъ т1адаллъун

гьарурал текстал рек1ехъе ц1ализе.

Ругьунлъиялъулгун бажариялъул т1алабал к1ийиде рикьун рихьизарун руго:

1. Асаралъул анализ гьабун ва гьелъие къимат кьун бажари;

2. Калам г1уц1ун бажари.

Программаялда бихьизабун буго щибаб художествияб асар малъизе бикьун кьураб ц1алул заман. Ц1алдохъабазул къадаралде, лъаялде ва гьезулгун классалда х1алт1и гьабизе ругел шарт1азде балагьун, яги методикияб рахъалъ чара гьеч1еблъуы бихьулеб бугони, учителасул ихтияр буго, цо-цо темаялъе кьурал саг1тазул къадар, жиндаго лъик1аблъун бихьараб къаг1идаялъ, хисизабизе.

Адабияталъул дарсазда цадахъго г1ат1идго бачине ккола класстун къват1исеб х1алт1иги: адабияб кружок, ц1аларал т1ахьазда т1асан бах1сал-конференциял т1орит1и, литературиял х1аял, пасих1го куч1дул, харбал ц1алиялъул къецал, концертазде, киноялде, театралде цадахъ ин ва бихьаралда т1асан гара-ч1вари г1уц1и, поэтазул, хъвадарухъабазул бак1азде сапарал гьари, литературиял музеязде щвей, халкъияб к1алзул гьунаразул асарал рак1ари г1адал тадбирал.

пп

Содержание

Формы, методы, приемы

Домашняя работа

Общее

кол-во часов

по разделу

Колич-во часов по теме

Примечание

1- полугодие.

1.

50-90 соназда авар адабият. Р.Х1амзатов г1умру ва творчество.

Лекция.

Р.Х1амзатовасул г1умру.

1с.

8с.

1с.

1с.

2.

«Дир рак1 муг1рузда буго»

1. Поэмаялъе гара-ч1вариялъ. анализ.

Поэма ц1ализе, бицине.

1с.

3.

Поэмаялъул аслияб пикру рагьизе.

Поэмаялъе анализ.

Планалда рекъон рек1ехъе 6 куплет.

1с.

4.

«Дир Дагъистан»

Бут1аби ц1ализе. гара-ч1вариялъул анализ.

Бицине асар.хаслъи

1с.

5.

«Эбелалде».

1. Пасих1го ц1али.

2. Сипатияб анализ.

Рек1ехъе лъазабизе.

1с.

6.

«Авар мац1»

Мисалияб ц1али. Гара-ч1вариялъул анализ.

Анализ.

1с.

7.

«Милъиршаби»

Гара-ч1вариялъул анализ.

Ц1ализе, сипатияб анализ.

1с.

8.

Калам бечед гьаби.

Сочинение.

1с.

9.

Расул Х1амзатовасул творчество.

1с.

10

Г1. Хачалов. Г1умру ва творчество.

Лекция.

Биография лъазабизе.

1с.

11.

«Хваразул ц1аралдасан». Халкъалъе г1оло г1умру кьурал хвел гьеч1еллъун лъугьин.

Пасих1го ц1али.

Анализ.

Цо бут1а рек1ехъе. Содержание лъазе.

2с.

12.

Калам бечед гьаби.

Сочинение.

1с.

13.

Муса Мух1амадов – г1умру ва творчество.

Лекция.

«Манарша» – ц1ализе.

1с.

14.

«Манарша».

Содержание бицине.

План г1уц1изе.

План рек1ехъе бицине.

1с.

15.

Багьадуразул сипатал.

Антитезаялъул къаг1ид. сипатазул анализ.

Сипатал рагьизе.

1с.

16.

Калам бечед гьаби.

Сочинение «Дие бищунго бокьараб образ».

2с.

17.

Х1ажи Гъазимирзаев «Васасде».

Лекция. Г1умру ва творчество. Мисалияб ц1али.

Гара-ч1вар.анализ.

Кеч1 рек1ехъе.

1с.

18.

«Гьудуласде», «Лъалхъуге, дир барти».

Анализ

1с.

19.

Машидат Гъаирбекова. Биография, творч-во.

Лекция.

«Эбелалъул рак1» – ц1ализе, анализ гьабизе.

2с.

1с.

20.

«Эбелалде куч1дул»

Мисалияб ц1али,

Гара-ч1вариялъул анализ.

Анализ.

1с.

21.

Фазу Г1алиева – г1умру ва творчество.

Лекция. Ц1алдохъабазул сообщениял.

«Кини» – ц1ализе.

2с.

1с.

22.

«Кини».

Асаралда т1ад х1алт1и.

Халунил образ.

1с.

23.

Калам бечед гьаби. Сочинение

«Рагъул магъалоялъул бак1лъи».

1с.

24.

Г1абасил Мах1амад «Саба-Меседо».

Лекция. Г1. М. драматургия.

4с.

1с.

25.

«Саба-Меседо» – халкъияб биценалъул кьуч1алда хъвараб пьеса.

Ц1ализе.

Анализ

1с.

26.

Чабхъен, чияр ракьал рахъи каки – аслияб пикру.

Образазда т1ад х1алт1и.

1с.

27.

Асаралъул хаслъи.

Гара-ч1вариялъул анализ.

Ролязде биххун х1азе..

1с.

28.

Калам бечед гьаби.

Багьадуразул хасиятал.

1с.

29.

Г1умарх1ажи Шахтаманов.

Лекция. Г1умру ва творчество.

Биография.

1с.

30.

Шахтамановасул лирика.

Лирикиял куч1дул ц1ализе.

Анализ.

1с.

31.

Шахтамановасул асаразул тема.

Сипатияб анализ.

Кеч1 рек1ехъе.

1с.

32.

Г1арип Расулов «Хазина».

Лекция. Г1умру ва творчество.

1с.

33.

Асар ц1ализе.

Литерат. образазда т1ад х1алт1и.

Багьадуразул сипат.

1с.

34.

Асаралъул аслияб пикру рагьи.

Гара-ч1вариялъул анализ.

1с.

35.

Калам бечед гьаби. Багьадуразул ишазе къимат.

1с.

36.

Багъатар – г1умру ва творчество.

Лекция.

4с.

1с.

37.

«Севералда бугеб дир милъиршо».

Асар ц1ализе.

Анализ.

1с.

38.

Къисаялъул багьадуразул къасдал.

Гара-ч1вариялъул анализ.

Багьадуразул сипатал.

1с.

39.

«Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1».

Ц1ализе.

Содержание лъазе.

1с.

40.

Маг1арул г1олилазул г1амал-хасият.

Анализалъул кьуч1. къимат кьезе.

Образал.

1с.

41.

Къисаялъул г1уц1иялъул хаслъи.

Гара-ч1вариялъул анализ.

1с.

42.

Калам бечед гьаби.

Сочинение.

1с.

43.

Мух1амад Ах1мадов. Г1умру ва творчество.

Лекция.

Биография.

3с.

1с.

44.

Асаразул тематика.

Асарал ц1алун, анализ.

Ц1ализе, рицине.

1с.

45.

Ах1мадовасул лирикаялъул хаслъи.

Сипатияб анализ.

1с.

46.

Адабияталъул теория.

Тема. Пикру, адабият. сипат.

1с.

47.

Хизгил Авшалумов.

Лекция.

2с.

1с.

48.

«Дир мадугьал – дир тушман».

Сатириял сипатал.

Образазда т1ад х1алт1и.

1с.

49.

Адаб.теория. Сатираялъе ва юморалъе баян.

1с.

50.

Нурадин Юсупов, г1умру ва творчество.

Лекция.

2с.

1с.

51.

«Гьавураб къо».

Асар ц1ализе.

1с.

52.

Феликс Бахшиев.

Г1умру ва творчество.

Асар ц1ализе.

2с.

1с.

53.

Асаралъул аслияб пикру рагьи.

Гара-ч1вариялъул анализ

1с.

54.

Ах1мадхан Абу-бакар.

Лекция. Г1умру ва творчество.

5с.

1с.

55.

«Даргиязул ясал».

Асар ц1ализе.

Ясазул образал.

1с.

56.

Цо къоялъ гьарурал 6 ясалъул къисмат.

Гара-ч1вар. анализ.

1с.

57.

Маг1арулазул г1амал-хасият, хьвада-ч1вади рагьи.

Анализ.

Ц1ализе.

1с.

58.

Ясазул къисмат лъида ва сунда бараб бугеб?

Гара-ч1вар. анализ.

Анализ.

1с.

59.

Сочинение.

1с.

60.

Класстун къват1иб ц1али.

Альманахалъе обзор.

2с.

1с.

61.

Класстун къват1иб ц1али.

1с.

62.

Ибрагьим Х1усейнов.

Лекция.

1с.

63.

Поэмаялъул аслияб пикру.

Гара-ч1вар. анализ.

Сипатияб анализ.

1с.

64.

Ах1мад Ж. «Гъот1орк1о»

Асаразда т1ад х1алт1и.

2с.

1с.

65.

«Гьит1инав чанахъан»

Сипатияб анализ.

1с.

66.

Класстун къват1иб ц1али.

Дагъист. хъвадарухъ. ц1иял асарал.

1с.

67.

Класстун къват1иб ц1али.

Салатавиялъул хъвадарухъ-л ц1иял асарал.

1с.

68.

Г1амлъизабиялъул дарс.

1с.

IX КЛАСС

(68 саг1ат)

Асарал лъазаризе — 52 саг1ат. Калам цебет1езабиялъе — 8 саг1ат. Класстун къват1исеб ц1али бачине — 8 саг1ат.

50-90 соназда авар адабият (1 саг1ат)

Миллияб адабият халкъалъул г1умруялда хурхараб бук1ин. Жамаг1аталъул пикру цебет1еялъе миллияб адабияталъул квербакъи ва лъайгун тарбия кьеялъе гьелъул к1вар.

Расул Х1амзатов. «Дир рак1 муг1рузда буго», «Дир Дагьистан»

(гьелдаса «Мац1», «Хъвадарухъанасул зах1мат»,

«Хъвадарухъанасул рит1ухъльи, лебаллъи», «Сундасан мун данде

гьабун бугеб, Дагьистан?», «Гьаб улкаялда чи вижараб куц»),

«Эбелалде», «Авар мац1», «Милъиршаби» (8 саг1ат)

«Дир рак1 муг1рузда буго». Поэмаялда жанир шаг1ирас жиндирго халкъалъул хасияталъул лъик1ал рахъал загьир гьари: кввак1и, г1адатлъи, рек1ел г1ат1илъи, зах1мат бокьи, г1адан хиралъи. Поэмаялъул аслияб пикру — шаг1ирасул х1асратаб, жив халкъгун вугин, гьелъулгун жиндир бухьен т1ун гьеч1ин абураб калам.

«Дир Дагьистан». Асаралъул х1акъалъулъ цебераг1и. Жинде щвезег1ан лъиданиги батун бук1инч1еб х1икматаб жанр Расулица бижизаби. «Дир Дагьистан» — инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь.

Адабияталъул теория. Поэмаялъул х1акъалъулъ баян жеги г1ат1ид гьаби.

«Эбелалде». Лъималазде эбелалъул рокьул к1одолъи ва гъварилъи, гьезул ургъалида ва рух1алида г1умру унел улбузда цере лъимал кидаго налъулаллъун хут1и. Эбелалъул сипаталда ва ц1аралда цеве шаг1ирасул недегьлъи ва рек1ел т1еренлъи.

«Авар мац1». Рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Умумуз ирсалъе тараб гьеб хазина наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ. Коч1ол каламалъул х1алуцин. Лирикияв багьадурасул монолог.

«Милъиршаби». Маг1арул т1абиг1аталъул ва г1адамазул рук1а-рахъиназул сурат к1удияб рокьиялда ва махщалида бихьизабун бугеб куц. Сипатиял раг1абазул к1вар.

Адабияталъул теория. Пейзажияб лирикаялъул х1акъалъулъ баян гьварид гьаби.

Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан» (3 саг1ат)

К1удияб Ват1анияб рагьда халкъалъ бихьизабураб бах1арчилъи, къвак1и, къох1ехьей. Гьеб кинабго бач1унеб г1елалда к1очене бегьунгут1и.

Халкъалъе г1оло pyxl кьурал г1адамал хвел гьеч1еллъун лъугьин — поэмаялъул аслияб пикру.

Поэмаялъул г1уц1иялъул хаслъи, мац1алъул пасих1лъи. Хвараздехунги ч1агояздехунги авторасул бербалагьи.

Адабияталъул теория. Асаралъул г1уц1иялъул х1акъальуль баян г1ат1ид гьаби.

Муса Мух1амадов. «Манарша» (къокъ гьабураб) (5 саг1ат)

Маг1арул г1олилазул г1уц1арухъанлъи ва рух1ияб дунялалъул г1ат1илъи. Х1айдарил, Манаршал, Пат1иматил сипатал. Манаршал г1умруялда жаниб эбел Гулжагьаница ва херай Катуралъ кколеб бак1. Манаршаги муг1алимги. Манаршал рух1ияб дунял г1ат1илъизе муг1алималъ лъолеб бут1а.

Х1ажи Гъазимирзаев. «Васасде», «Гьудуласде», «Лъалхъуге, дир

барти» (2 саг1ат)

Шаг1ирасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Умумузул г1амал-хасият, г1агараб ракь, маг1арул халкъ, миллияб мац1 — шаг1ирасул адабияб гьунаралъул аслияб тема.

Гъазимирзаевасул куч1дузул пасих1лъи, мац1алъул бечелъи, пикрабазул гъварилъи.

Машидат Гьайирбекова. «Эбелалъул рак1», «Эбелалъул кеч1», «Коч1олъ батана дир pyxl (2 саг1ат)

Шаг1иралъул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Маг1арул ч1ужуг1аданалъул къадру, намус, зах1мат, гьелъул напс ва т1адег1анлъи к1одо гьаби — Машидатил асаразул аслиял темабазул цояб.

Лирикияб сипат г1уц1изе шаг1ира1ъул бугеб махщел ва бажари.

Фазу Г1алиева. «Кини» (3 caгlaт)

Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1акъиллъи, сабруялъул к1одолъи. Гьелъул рух1ияб дунялалъул камиллъи. Васасдехуи, йик1инесей нусалдехун, цогидаздехун Халунил бербалагьи. Закарил ва Меседул сипатал.

Рагъул магъалоялъул бак1лъи. Гаргаралъул, сипатиял раг1абазул к1вар.

Адабияталъул теория. Художествияб адабияталъул баян г1ат1ид гьаби.

Ц1адаса Х1амзат. «Балагьалъул гъамас» (4 саг1ат)

Меседгун г1арцуца халкъ хвалде ц1аялъе гвангьараб мисал. Бечелъиялъ г1адамазул г1амал-хасият хисизабулеб куц. Жидер зах1маталдалъун, г1урхъулъа ун, г1адан бечелъизе рее гьеч1олъи. Бечелъиги намус-ях1ги цадахъ х1ебт1унгут1и, гьезул цоялъ цояб ч1вай — г1умруялъул закон бук1ин авторас к1удияб махщалида бихьизаби. Жакъасеб г1умруялъул мат1улъун гьеб трагедия бук1ин.

Адабияталъул теория. Трагедиялъул х1акъалъулъ баян. Драматургиял асаразул х1акъалъулъ бич1ч1и гьварид гьаби.

Г1умар-Х1ажи Шахтаманов. Лирика: «Къаралазул rlop». «Рач1а, гьудулзаби», «Г1андадерил xlop» (2 саг1ат)

Шахтамановасул лирикаялъул х1акъалъулъ баян. Гьелъул философия, хаслъи.

Ват1ан, г1агараб халкъ хиралъи, инсанасул намус-ях1, г1амал-хасият, шаг1ир ва заман, шаг1ир ва поэзия Шахтамановасул лирика­ялъул аслиял темаби.

Г1арип Расулов. «Хазина» (3 саг1ат)

Хъвадарухъанасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Хабаралда жаниб х1акъикъияб ва гьересияб цоцада данде тунки. Инсанасул г1умру — даимаб чвахи.

Жиндирго намусалда, г1умруялда, т1абиг1аталъ кьураб пагьму-гьунаралда цебе унго-унгояв устарасул рит1ухълъи ва жавабчилъи — хабаралъул аслияб пикру.

Багъатар. «Севералда бугеб дир милъиршо», «Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1» (4 caг1ат)

«Севералда бугеб дир милъиршо». Жакъасел анищал, къасдал. Миллатазул рух1ияб бечелъи. Къисаялъул аслиял багьадурал, гьезул сипатал. Эбел-инсудехун, ч!ах1ияб г1елалдехун г1олилазул гьоркьоблъи.

Автор — къисаялъул багьадур. Лъугьа-бахъин аслияв багьадурасул ц1аралдасан бициналъе г1илла.

Багьадуразул рек1ел х1ал, къасдал рагьиялъе муг1рузул т1абиг1аталъул, Каспий ралъдал суратазул к1вар.

«Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1». Маг1арул г1олилазул г1умру-хасияталъул тема. Г1олилазул ц1али, анищ, къасдал, рокьи авторас махщалида рихьизари. Циноевасул к1игьумерчилъи. Месей — г1адатай маг1арул яс. Месейил гьалат1 ва жинцаго жиндиего гьабураб тамих1 Гьимат — ях1, намус, г1ишкъу ц1унизе лъалел г1олилазул цевехъан.

Къисаялъул г1уц1иялъул хаслъи. Мац1алъул пасих1лъи. Рак1алдещвеязул, монологазул к1вар.

Мух1амад Ах1мадов. Лирика: «Дие бокьун буго», «Сардалги

къоялги къацандулелъул…», «Гьале г1азу балеб…»,

«Ч1ужуг1адан» (2 саг1ат)

Ах1мадов — авар поэзиялъул ц1ияб наслуялъул вакил. Шаг1ирасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Ват1ан, г1умру, г1адамал, жакъасеб къоялъул рохелги ургъелги, миллияб тарих — ч1ужуг1аданалъул къисмат, заманалда цебе шаг1ирасул жавабчилъи — Ах1мадовасул лирикаялъул аслияб тема.

Рахьдал мац1алдаса пайда босизе, гьеб махщалида х1алт1изабизе шаг1ирасул бугеб гьунар.

Адабияталъул теория. Темаялъул, пикруялъул ва адабияб сипаталъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.

ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ХАЛКЪАЗУЛ АДАБИЯТАЛДАСА

Хизгил Авшалумов. «Дир мадугьал — дир тушман» (2 саг1ат)

Хъвадарухъанасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Мац1ихъанлъи ва базарганлъи гьабулел ч1ук1набазда авторас кьабулеб сатирияб ц1ал.

Гамбарил сипат. Ч1ук1наяс какулев Сары-Самад — рак1бац1ц1адав инсан.

Сатириял сипатал рагьизе авторасул бугеб махщел.

Адабияталъул теория. Сатираялъул ва юморалъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.

Нурадин Юсупов. «Гьавураб къо» (поэма) (2 саг1ат)

Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

Зах1мат бокьулев чи кидаго жиндирго мурадалде щола. Х1алт1уца гурони инсан берцин гьавуларо, гьесул маг1ишат цебет1езабуларо — поэмаялъул пикру.

Маргьа шиг1руяб къаг1идаялда хъван бук1ин — гьелъул хаслъи.

Феликс Бахшиев. «Минаялда т1ад бомба» (2 саг1ат)

Рак1бац1ц1адго х1алт1улев, гьунар т1ок1ав хирургасул намус-ях1 г1арцул сайигъатаз чурун, чучлъулеб куц, жиндаго лъач1ого, гьесул г1амал-хасият хисулеб, рак1алда кьаву ч1валеб, гьелъ хъизаналда жанибгицин гьуинаб гьоркьоблъи бикьулеблъи ва гьеб закон бук1ин авторас бихьизабун бугеб куц. Марат Палихановичасул, лъади Мариял сипатал. Сайгъатилан ришват боси — советияб заманалъго г1адатияб жолъун лъугьин. Гьанже к1алгьикъун гьеб бахъулеб бутеблъи — рух1ияб асар г1арцухъ хисиялъул х1асил.

Ах1мадхан Абу-Бакар. «Магьидул хъалиян», «К1иго херав чи» (4 саг1ат)

Халкъазда, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи. К1иго бат1ияб улкаялъул вакилзабазда гьоркьоб гьудуллъиялъул асар бижи — хабаралъул аслияб пикру. Даниялъул ччуг1ихъабазул образал. Кубани росдал сурат, гьелъул машгьурал устарзабазул сипатал.

«К1иго херав чи». Инсанасул рух1ияб бечелъи зах1маталда бухьараб бук1иналъул х1акъалъулъ авторасул пикраби. Сахаваталлъун, гурх1ел-ц1об бугеллъун рук1ин – г1уруялда нур базаби.

Г1умругун къеркьеялъ чиясул рек1елъ рух1ияб чаран лъей, жиндирго черх куцаялъ, г1акълу лъадариялъ инсан камил гьави — хабаралъул аслияб маг1на. Инсанги т1абиг1атги дандекквей.

Ибрагьим Х1усейнов. «Имам Шамилги ягьудияв Юсупги» (2 caг1ат)

Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян. Гьесул поэзиялъул хаслъи. Шамилил х1аракаталъе шаг1ирас кьолеб къимат. Эркенлъи ц1унулеб халкъ — камилаб халкъ — поэмаялъул аслияб пикру.

Ах1мад Жачаев. «Гъот1орк1о», «Гьит1инав чанахъан» (1 caг1ат)

Г1исинлъималазул г1умру ва гьезул рух1ияб дуниял бихьизабизе авторасул бугеб гьунар. Гьезул к1арчанлъиялъ ва пикрабаз шаг1ирасе кьолеб рух1ияб лазат.

Рек1ехъе лъазаризе

Расул Х1амзатов. «Дир рак1 муг1рузда буго» (кесек).

Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан» (кесек).

Х1ажи Гъазимирзаев. «Васасде».

Машидат Гъайирбекова. «Эбелалъул рак1».

Фазу Палиева. «Кини» (муг1алимас т1асабищараб бак1).

Г1умар-Х1ажи Шахтаманов. «Къаралазул rlop».

Мух1амад Ах1мадов. «Дие бокьун буго».

Жидецаго ц1ализе кколел асарал

Расул Х1амзатов. «Руччабазул кверал». Машидат Гъайирбекова. «Рак1алъ ц1а гъолеб буго». Мух1амад Сулиманов. «Огниялда».

Муса Мух1амадов. «Рик1к1адал муг1рузда», «Г1урччинаб квер-бац1ц1».

Фазу Г1алиева. «Гъалайчи».

Xlyceн Х1ажиев. «Таваккал» (кьиса).

Г1абдулмажид Хачалов. «Чадил х1акъалъулъ раг1и».

Тажудин Таймасханов. «Ч1ег1ераб нак1к1» (къиса).

Мух1амад Г1абдулх1алимов. «Ч1агоял т1угьдул».

Г1абасил Мах1амад. «Камалил Башир».

Майсарат Мух1амадова. «Х1асрат».

Мух1амад Г1исаев. «Анлъабилеб океан» (т1ехь)

Г1абдула Даганов. «Эбелги, дунги, кеч1ги» (т1ехь).

Раиса Axlматова. Лирика. Рашид Рашидов. Куч1дул.

IX классалда адабиял темабазда т1орит1улел к1алзулал ва хъвавулал х1алт1абазул аслиял тайпаби

Художествиял асарал пасих1го ц1али.

Жинцаго бицине, гьединго хъвазе бугеб жоялъе г1адатаб ва жубараб план г1уц1и.

Хабариял асаразул, гьезул бут1абазул изложение х1исабалда бицунги хъванги анализгун цадахъ х1асил кьезе бажари.

Ц1алдохъабазул жидерго зах1маталъул бицарал сочинениял хъвай.

Жамг1иябгун политикияб, адабиябгун политикияб макъалаялъул къокъаб х1асил хъвай, гьединго гьезул план г1уц1и.

Жинцаго ц1алараб т1ехьалъе, бихьараб киноялъе, телевизоралдасан кьураб асаралъе къимат кьезе бажари.

Авар мац1алъулгун бухьен

Хьвада-ч1вадиялда, жамг1иябгун политикияб темаялда хурхараб сочинение.

Рух1ияб бечелъиялда, жамг1иябгун политикияб темаялда хурхараб 2-3 асаралъул кьуч1алда доклад х1адури.

Хабариял текстазул къокъаб, яги т1асабищараб изложение.

Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ IX классалъул ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал

Ц1алдохъабазда льазе ккола:

— эркенлъиялъе г1оло гьабураб маг1арулазул къеркьеялъулги

адабияталъулги хурхен ч1езабизе;

  • лъазарурал асаразда жаниб тарихиял хаслъаби ратизе;

  • лъазарурал асаразул композиция, сюжет ва сипатал г1уц1араб тартиб;

— лъазарурал асаразул аслиял багьадуразул г1амал-хасияталъул

г1аммаб к1варалъул бицине;

  • лъазарурал асаразул жанралъулал хаслъаби ратизе;

  • критикиял макъалабазда лъазарурал асаразе къимат кьезе;

  • программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал; Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

—хъвадарухъанас раг1удалъун г!уц1арал художествиял сипатал

цереч1езаризе;

—асаралъ рорхулел аслиял суалал ратизе;

—лъазабулеб асаралда жаниб сюжеталъул, композициялъул,

багьадуразул сипатазул ва сипатияб каламалъул к1вар рагьизе;

  • художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

  • бицунебги хъвалебги жиндирго к1алъаялъул план г1уц1изе;

—ц1алараб т1ехьалъе, бихьараб киноялъе, балагьараб спектаклялъе къимат кьун, рецензия хъвазе.

— хъвадарухъанас раг1удалъун г1уц1арал художествиял сипат-суратал цереч1езаризе;

  • идеябгун-художествияб хаслъиги х1исабалде босун, асаралъул тайпа ч1езабизе (эпосиябищ, лирикайищ, драмайищ гьеб кколебали);

  • асаралъ рорхулел аслиял суалал ратизе;

  • малъараб асаралда жаниб сюжеталъул, г1уц1иялъул, героязул образазул ва сипатияб каламалъул идеябгун-художествияб к1вар рагьизе;

  • асаралъул идеяб маг1на рагьизе героясул бугеб к1вар ва авторас гьесие кьолеб къимат батизе;

  • асаралъул ва гьелъул героязул х1акъалъулъ лъугьараб жиндирго пикру кьуч1аблъун гьабизе;

—художествиял, общественниябгун-политикиял, гьединго литературияб критикаялъулал текстал бит1ун, дурун, раг1ун ц1ализе;

  • художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

  • бицунебги хъвалебги жиндирго к1алъаялъул план г1уц1изе;

  • зах1маталъул темаялда творческиял сочинениял хъвазе (жидерго х1алт1ул х1албихьиялъул кьуч1алда ва малъарал асаразда т1асан);

—общественниябгун-политикияб ва литературияб критикаялъулал макъалабазул къокъаб х1асил хъвазе, гьезие план г1уц1изе;

  • цо литературияб асаралда т1асан доклад яги къокъаб к1алъай х1адуризе;

  • жинцаго ц1алараб т1ехьалъе, бихьараб киноялъе, балагьараб спектаклялъе къимат кьун, рецензия хъвазе.

Сподели с приятели:

Тема: «Ват1ан хириязе хвел
бук1унаро».

1. Аварадабияталда жаниб К1удияб Ват1анияб рагъул темаялъул
к1вар;

2. Ват1аналдехун рокьи ва т1алаб борхизаби;

3. Рагъда хварал бах1арзал рак1алде щвезари;

4. Лъималазул к1алзулаб калам цебет1езаби;

5. Дагъистаналъул адабияталде рокьи бижизаби.

Дарсил алатал:. К1удияб Ват1анияб рагъда  хварал
дагъистаниязул суратал, Р.Х1амзатовасул вацал. Ахилчилги Мух1амадилги 
суратал. Рагъул темаялда хъварал т1ахьазул выставка. Компьютер, интерактивияб
доска.

Доскаялда дарсил тема.

Эпиграф: «Г1агараб Дагъистан, дур васазул ц1ар,

Ц1алула Европалъ, лъала ракьалда».

Р.Х1амзатов.

Муг1алим:  Ассаламу г1алайкум, ц1алдохъаби! Жакъа нилъер
буго г1адатияб гуреб дарс. Гьелда абила дарс-сапарилан. Кибеха бухьизе бугеб
сапар? Сапар бухьила нилъеца дол г1асиял рагъул 1941-1945 соназде. Бокьилищ
дунгун рилълъине?

        Дарсил темалъун
босун буго халкъияб кици «Ват1ан хириязе хвел бук1унаро». Нужеда жакъасеб
дарсида раг1ила Дагъистаналъул ц1ар раг1арал шаг1ирзаби Р. Х1амзатовас, Ц1.
Х1амзатица, Г1. Хачаловас ва цогидазги К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ
хъварал к1ч1дул.

      Цин К1удияб Ват1анияб рагъул
бициналде рак1алде щвезарилин гьелде щвезег1ан Дагъистаналда ккарал рагъазул.
Рекъав Тимуридасан байбихьун (Гьев нилъеда дандч1вала «Ганч1ил вас абураб»
абураб легендаялда), Надир-шагь (дунялалдаго кверщел гьабилин лъугьарав
къажар), «Надир-шагь щущахъ виххизави» абураб кеч1алдасан, Шамилил заманалъул
г1асиял, къуркьи гьеч1ел рагъал, 25 соналъ халат рахъарал, хадур революцияби,
Т1оцебесеб Т1олгодунялалъул рагъал, цинги жакъа бицинесеб, нилъер историялда
жаниб жиб ч1ах1ахат1алъ ч1ег1ерго хъвараб К1удияб Ват1анияб рагъ. 

     Кида байбихьараб К1удияб Ват1анияб
рагъ?

Ц1алдохъан:  Гьалмагъ маг1арулав, раг1улищ дуда,

Нилъер Ват1аналда т1ад бугеб кьвагьи?

Т1огьл квац1и г1адаб Кавказ мерхьунел

Гитлерил бандазул х1ат1азул т1вапи?

Муг1алим:  1941 соналъ тушман, нахъасан рек1к1ги гьабун
нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана. Дол соназда г1умру гьабулев вук1аравщинав
чи, (гьит1иналги ч1ах1иялги) рагъул г1ахьалчаг1илъун кколин, гьел кинацаго
бергьенлъи г1агарлъиялъе к1варабщинабги гьабунин абила дица. Щайгурелъул,
щивасул рукъалъе, хъизаналъе бук1ана х1инкъи, ва советияб халкъалъул багьадураб
къеркьеялъе къуватги, жидерго эркенлъиги г1умруги ц1унизе кколеб бук1иналъ
кьуна.

      Гьел кьварарал рагъул соназда
хъвадарухъабаздаги общественносталдаги цебе ч1ун бук1ана т1оцебесеб бег1ераб
суал: рагъдайищ, тылалдайищ, кир рук1ине кколел? Хъвадарухъанас бит1ахъего
рагъулъ г1ахьаллъи гьабизе кколищ? Рагъулъ ч1вазе, хвезабизе кколищ пагьмуги гьунарги?

       Улкаялъул х1укуматалъ
г1емерисел раг1ул устарзаби рагъде рачунгеян лъазабун бук1ана. Амма
маг1арулазул хъвадарухъаби – Урмаса Ражаб Динмух1амаев, Сугъралъа Г1абдулмажид
Хачалов ва цогидалги гьелъкхъ балагьич1ого, жидеего бокьун г1арзаги кьун ана
тушманасде данде, кодоб къалмида цадахъго ярагъги ккун.

Ц1алдохъан:  «Унеб буго рах1му гьеч1еб, киналг1аги
цереккун рук1арал рагъаздаса рит1ухъаб рагъ,- ан хъвана доб мехалъ лаказул
хъвадарухъан Эфенди Капиевас. – Гьаниб т1аса бищизе жо гьеч1о. Гьанив довег1ан
къан ч1езе бегьуларо». 

Муг1алим: Дол г1асиял рагъул соназда цоял рагъана
туманк1-ярагъгун, цогидалин абуни къалам-ручкагун.

Адабияталъулъ гьел соназда рижарал куч1дузда гьоркьор бищунго цере рехун
рихьула х1асратал публицистикиял куч1дул. 

    — Кинаб гьеб кколеб публицистикияб
къаг1ида?

Ц1алдохъан: Публицистикияб къаг1ида гьеб ккола кагътазул,
хит1абалъул бит1ахъего ах1иялъул къаг1идаялда хъварал асарал. 

Муг1алим: Гьеб къаг1ида хасиятаб буго бат1аго ц1акъ Дагъистаналъул
халкъияв поэт Ц1. Х1амзатие.

Ц1алдохъан:  «Рагъде унев васасде»

Нилъер Ват1аналда т1ад к1к1уй бетанин,

Бай черхалда ярагъ, рагъул итарк1о.

Аваданаб г1умро кьалде буссанин,

Кьолой, Агъарах1им, эгъе хъах1аб чу….

Муг1алим: Гьаб коч1олъ буго ах1и баялъул къаг1ида. Гьедин
хъвалеб буго Х1амзатица 1941 соналда хъвараб гьаб коч1олъ. Эбелалъул к1алдисан
авторас гьел раг1аби абулел руго армиялде унев васасда. Берцинал, пасих1ал,
г1акъилал раг1аби руго гьел.

Ц1алдохъан:   «Рагъул заем»

Дуе Ват1аналъул бут1а батани,

Тушман нухда лъезе маххул квар бухье,

Ихтияр ц1унизе хиял батани.

Хабалъ гьев вукъизе дагьаб квер бакъе…

Муг1алим: Кинаб къаг1идаялда хъвараб кеч1 гьаб?

Ц1алдохъан: Гьаб буго Ц1. Х1амзатил хит1абалъул къаг1идаялда
хъвараб кеч1. Халкъалъе ах1и балеб буго х1урматияб ракьалдаса тушман вачахъизе
кумек гьабеян.

Муг1алим: Хит1абалъул формаялда хъварал куч1дул Х1амзатил
г1емерал руго: «Ц1унизин намус», «Г1емер лъадахъани- г1ерет1 бекула», «Гитлерил
маргьаби»,  «Эменги васги-рух1ги Ват1анги», «Фронталдаса йокьулелде» ва

цогидалги.                                                        

Ц1алдохъан: (цебесеб формагун цеве вач1уна)

Ват1аналъе г1оло, халкъалъе г1оло,

Хвалчадул г1оркь ккурал ч1аго хут1айги,

Хирияб партия разилъиялъе

Рух1 бичараб агьлу эркенго таги.

Муг1алим: Сундул х1акъалъулъ хъвараб кеч1 гьаб кколеб?

Ц1алдохъан: Ват1аналда цебе бугеб советиял гражданазул
налъиялъул тема рагьулеб буго. Гьеб бухьараб буго Баг1араб Армиялъ къабул
гьабураб гьаялда.

Муг1алим: Кинаб гьа бк1араб нилъер халкъалъул гьел соназда?

Ц1алдохъан: «Халкъалъе, Ват1аналъе г1оло рух1 кьела
барахщич1ого», — гьеб бук1ана гьа.

Ц1алдохъан: «Рагъухъаби-хъвадарухъаби» 

Рагъул заманалда туманк1 босана,

Тушманасул керен гулбуз босана.

Ракълил заманалда къалам босана,

Къадруял васазе асарал хъвана….

Муг1алим: Гьаб кеч1 буго рагъде арал хъвадарухъабазде
гьабураб. 18 сон барав г1олохъанчи Г!. Хачаловги жиндиего бокьун ана фронталде,
ва рагъ лъуг1изег1ан тушманасде данде вагъана. (Слайд бихьизабила).

Ц1алдохъан:     Гьудулзаби, заман гьеч1о
ургъизе-

Ирга нилъедеги щун буго гьанже.

Гьабе г1агаразе, росдае къо лъик1,

Къват1ире рахъине Ват1ан ц1унизе.

Муг1алим: Г1абдулмажидил творчествоялъулъ аслияб бак1 ккола
рагъул темаялъ. «Хваразул ц1аралдасан» — абун лъун буго Хачаловас жиндирго
поэмаялда ц1ар. Поэмаялъе эпиграфлъун авторас росун руго хадур рехсарал
раг1аби: «Бах1арчиги х1алихьатги цого хабалъ лъола. Халкъалъин абуни, цоясе
наг1ана кьола, цоясе бет1ер къулула». Гьел бах21арзазул х1акъалъулъ, гьез
рагъулъ гьабураб г1ахьаллъиялъулъ, гьезул Ват1аналдехун бук1араб ц1ик1к1араб
рокьиялъул х1акъалъулъ хъвараб поэма буго гьеб. Гьединого гьеб ккола рагъда
хваразул жакъасеб г1елалъе Ват1ан ясбер г1адин ц1унеян гьабураб Хачаловасул
васигатги.

Ц1алдохъан: «Хваразул ц1аралдасан»

Хвалил пикру гьабизе

Гьеч1о лъиего заман,

Гьалагаб ццидалъ руго

Рец1елалде ах1улел…

Муг1алим: Гьеле гьедин къисас босана нилъер бах1арчиял васаз
тушманасдаса.

Ц1алдохъан:

Х1акъирлъи баччич1о, рогьо баччич1о

Бет1ер къулун тушман къабул гьавич1о,

Бараб лълъар борхана, лъик1алъейилан,

Ккараб къо баччана, чи лъазейилан…

Г1абдулмажид Хачалов рагъдаса т1ад вуссана бергьенлъиги босун.

Муг1алим:  Дун къалмил к1алдисан к1алъалей йиго

Дагъистаниясул къисмат бицине,

Дол балагьал соназ къуркьич1ев гьасул

Рак1алде щвеязулгъамас рагьизе.

   Раккизин цойги рагъухъан-хъвадарухъанасул
къисматалъул гъансинире (слайд Ражаб Динмух1амаевасул сурат, коч1ол мухъал)

Къо ккун буго т1аде, дир гьудулзаби,   

Чу-ярагъ къач1азе, къват1ир рахъ
ине.                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                                         

Рехизе гъуждузде ч1ег1ер буртина,

Паркъезе гьабизе Шамилил хвалчен.

   Ц1алдохъан: Ражаб ккола Лаваша районалъул Урма
росулъа. Гьев жиндиего бокьун ана рагъде 1943 соналъ. Ккана Украиналъулаб
фронталде. Гьев кколаан капитан, батальоналъул комиссар, полкалъул агитатор.
Гьев г1ашикъ вук1ана рагъул х1акъалъулъ асарал хъвазе. Рагъдаса рач1арал гьесул
кагътал ц1алулаго нилъеда цебе ч1ола гьайбатав инсанасул, рагъухъанасул,
патриотасул сипат.

Ц1алдохъан: «Дица г1ахьаллъи гьабич1ого Граждан рагъги
лъуг1ич1о, Ват1анияб рагъги лъуг1иларо. Немцазул г1ащт1ичаг1аздаса Ват1ан
ц1унизе г1оло дуца щиб гьабурабан бук1инесеб г1елалъ дида гьикъараб мехалъ,
гьелъие жаваб кьезе к1веялдаса дун вохарав вуго». (Р. Динмух1амаевас эбелалде
хъвараб кагътидаса мухъал).

Муг1алим: Ват1аналда т1аде зах1матаб къо бач1араб мехалъ,
рух1алда барахщич1ого х1алт1изе ва рагъизе кколеблъи бихьизабула гьесул нилъее
тарал «Т1улакьераб борохь», «Хиянатчи», «Гьа»- г1адал къисабаз.

Инсценировка: (Лъималаз бихьизабила цо гьит1инаб бут1а
«Т1улакьераб борохь» асаралдаса).

Ц1алдохъан:      Чехьалъул эбелалъ
дун гьавилалде

Дунялалъул канлъи дида лъалелде,

Дир талих1 ц1унизе, ц1умаллъун рагъун,

Ц1ар бугел умумуз би г1одоб т1уна.

  Муг1алим:  Гьал коч1ол мухъазулъ мунагьал чураяв
Расул Х1амзатовас рак1алде щвезарулел руго нилъер бах1арчиял умумул, бицунеб
буго гьезул къо х1ехьеялъул, нилъер бук1инеселъе г1оло гьез баччараб
зах1маталъул.  Расулидаги хъинт1ана гьеб рагъул бух1и. Гьесул к1иго
к1удияв вац Ахилчи ва Мух1амад хут1ана рагъул байданалда. 

Ахилчи                                                                   
МухIамад

Гьел хвей хъизаналъе к1удияб камилъун букIаниги, Расулица
гьездаса чIухIун вукIин бихьизабулеб буго гьал кочIол мухъазулъ:

ЦIалдохъан:           
Гьудул дунги дирго инсул васлъидал,

Инсул ракь цIунизе цIумлъун вагъила,

ЦIикIкIарал вацаца рухIалги ричун,

Дие кьураб рахIат кьеларо лъийго.

МугIалим: Расулил гьал кочIол мухъазулъ рагIи гуллида
бащалъулеб
буго.                            

ЛъугIана вахIщияб рагъ. Эркен гьабуна нилъер ВатIан тушманасдаса. Рагъул соназ
чIунтун рукIарал росаби ва шагьарал дагь-дагьккун рукIалиде рачIана. Халкъалъ
цIияб гIумру гIуцIана. Амма рагъда хутIарал нилъер бахIарзал кIочон теч1о ва
тезеги гьечIо. Гьел рехсана, рехсола ва рехсезеги руго жидерго кучIдузулъ,
харбазулъ, къисабазулъ гьанжесел поэтазгун хъвадарухъабазги.

МугIалим: «ХъахIал къункъраби» кечI лъица хъвараб?

— Гьеб кечIалъул аслияб магIна щиб?

— Кинаб тема рагьулеб бугеб кечIалъулъ авторас?

— Чанабилеб соналъ хъвараб гьаб кечI?

КечI ахIила тIолабго классалъ рекъон.

Дида ккола рагъда камурал васал,

Кирго рукъун гьечIин къанабакь лъечIин,

МугIрул тун рикIкIада хъахIил зобазда

ХъахIал къункърабазде руссун ратилин…

(КечI ахIулаго бихьизабила презентация Р. ХIазатовасул
кечI-магIуялъул кьучIалда батIи-батIиял шагьаразда ва росабалъ рарал
памятникал).

Дарсил хIасилал гьари:

МугIалим: 

— Лъимал, бокьарабищ нужее жакъасеб сапар?

— Щиб нужеда лъараб жакъасеб дарсида?

— Дарсил щиб бакI  бищунго нужее бокьараб?

Рокъобе х1алт1и:

— «ВатIан хириязе хвел букIунаро» абураб темаялда тIасан
сочинение хъвазе.

Опубликовано 29.09.2017 по предмету Русский язык от Гость
>> <<

Помогите пожалуйста написать Сочинение на тему Рагъул бах1арзаби на аварском языке

Ответ оставил Гость

Что????????!!!!!!!!!!!!!!

Оцени ответ

Не нашёл ответ?

Если тебя не устраивает ответ или его нет, то попробуй воспользоваться поиском на сайте и найти похожие ответы по предмету Русский язык.

Найти другие ответы

Загрузить картинку

Самые новые вопросы

Физика, опубликовано 23.05.2020

A. Определяет границы применимости основных законов динамики …
Б. Инертность одного тела с действием на него другого тела связывает …
В. Характер взаимного действия тел друг на друга описывает…

Математика, опубликовано 21.05.2020

3 Вычислить площадь фигуры, ограниченной параболой y2 = 2px и
нормалью к ней, наклонённой к оси абсцисс под углом 135◦.

Химия, опубликовано 20.05.2020

Какой объем водорода при нормальных условиях вступил в реакцию с азотом, если получено 0,2 моль эквивалентов NH3?

Математика, опубликовано 20.05.2020

(-31,7:63,4-23,4:(11,7))*(-2,4)

Математика, опубликовано 20.05.2020

(-31,7:63,4-23,4:(11,7))*(-2,4)

Гадать еще раз

  • Рагим джафаров рассказы короткие
  • Равняться на передовиков как пишется
  • Равняться на лучших как пишется
  • Равняться как пишется и почему
  • Равняться или ровняться как правильно пишется слово